Аслияб гьумералде

ЗухIаялъул какил пайдаби

ЗухIаялъул какил пайдаби

ЗухIаялъул какил пайдаби

ЗухIаялъул как базе суннатаб буго бакъ баккун, гьеб хочол манзилалъ эхеде бахаралдаса зодил бакьулъе щвезегIан заманалда гьоркьоб. Гьелъул бищунго дагьаб къадарги кIиго ракагIат буго. Бищун цIикIкIараб 12 ракагIат буго. Гьеб как баялъухъ БетIергьанас кьолел пайдаби рехселин.

– Садакъаялъул бакIалда чIола

Хирияб хIадисалда буго: «Нужер щивав чи радал вахъиндал гьесул щибаб лагаялда тIад садакъа бихьизабун букIуна. Гьев чиясе щибаб какги, гьединго щибаб ккураб кIалги, гьабураб хIежги, бачараб тасбихIги, такбирги, тахIмидги садакъа ккола. Бичасул аварагас ﷺ гьал гIамалал лъикIаздасан рехсана ва цинги абуна: «Гьеб киналдасаго нужее гIей гьабула кIиго ракагIат зухIаялъул какалъ», - ян.

– Аввабинлъун хъвала

Хирияб хIадисалда буго: «ЗухIаялъул какалда тIадчIей гьабуларо Аллагьасде руссараз гурони, ай аввабиназ. Гьелги ккола аввабиназул какал», - ян.

– Аллагьас лагъ цIуни

Бичасул аварагас ﷺ абуна: «ТIадегIанав Аллагьас абуна: «Ва ибну Адам. Къоялъул авалалда ункъо ракагIат бай, гьелъ ахиралде щвезегIан дица мун цIунила», - ян. Цо-цо гIалимзабаз абулеб буго гьеб бугин зухIаялъул какилан.

– ХIежгун гIумраялъул кири

Анас бин Маликидасан бицараб хIадисалда буго: «ЖамагIаталда рогьалил какги бан, бакъ баккизегIан гIибадаталдаги чIун, цинги кIиго ракагIат бани, гьеб букIуна хIежгун гIумра камилго, камилго, камилго гьабураблъун», - ян. Камилго абураб рагIиги лъабцIул такрар гьабуна хирияс ﷺ.

– Аварагасул ﷺ васият тIубай

Абугьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Дир гьудулас, ай Бичасул аварагас ﷺ дие васият гьабуна лъабго жоялдалъун, ай хвезегIан гьел тогеян абун. Щибаб моцIалъ лъабго кIал кквеян, зухIаялъул как баян ва витруялъул как бачIого кьижизе вегуге», - ян.

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...