Аслияб гьумералде

Ражаб моцI

Ражаб моцI

Ражаб моцI

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цо-цо къоял ва гьединго моцIал, цогидал моцIаздасаги хирияллъун гьаруна. Гьедин хира гьарурал моцIаздасан ккола Ражаб моцIги. Гьеб хирияб букIин Аварагасул ﷺ хIадисаз ва гIалимзабаз гIемер бицунги буго. Ражабалда Аллагьасул ﷻ моцIиланги абула.

 

Исламияб календаралда гьеб ккола анкьабилеб моцI. «Ражаб» абураб рагIиги «ар-ружуб» абураб рагIиялдаса бачIун буго. Гьелъул магIна ккола тIадегIанлъизаби ва кIодо гьаби абураб. Хирияв Аварагасул ﷺ МигIражгун Исраъги Ражаб моцIалъ букIана.

Имам Ал-Фашнияс «ТухIфатул ихван» абураб тIехьалда хъван буго: «МухIаммад аварагас ﷺ абуна: «Ражаб моцI – Аллагьасул моцI ккола, ШагIбан моцI - дир моцI ккола ва Рамазан – дир умматалъул моцI ккола», - ян

Ражаб Аллагьасул ﷻ моцI бугин абурал Аварагасул ﷺ рагIабазул хIикматги ккола, гьеб моцIалъ Аллагьасде ﷻ вуссун тавбу гьабурасе ТIадегIанас ﷻ мунагьал чурила щивго шафигIги гьечIого. ШагIбан моцIалъ тавбу гьабун вуссарав Аварагасул ﷺ шафагIаталде хIажалъила, ай Аллагьас мунагьал чурила хирияв Авараг ﷺ гьесдасан рази вукIаго. Рамазан моцIалъ вуссарав муъминзабазул шафагIаталде хIажалъила», - ян.

Имам Найсабурияс абуна: «Гьаб цебе рехсараб дида лъабго рукъ жаниб бугеб хIамамалда релълъун бихьула. ТIоцебесеб хIамамалъуве Аллагьасул ﷻ лагъ лъугьуна ва дагьаб мехалъ гIодов чIун хадуселде лъугьуна ва гьенисанги лъабабилелъуве лъугьуна. Цинги вацIцIалъун, берцинаб хIалгун гьениса къватIивеги вачIуна. Ражаб моцI мунагьал чуриялъул моцI ккола, ШагIбан -  салаваталъул моцI ккола ва Рамазан - хирияб Къуръаналъул моцI ккола», - ян.

Имам ШафигIиясул мазгьабалъул гIалимзабазул цояз абуна Рамазан моцIалда хадуб Ражаб моцI кколин бищун хирияблъун абун. Амма гIемерисел гIалимзабаз абуна МухIаррам кколиланги.

Имам Нававияс бицана: «Абу Давудил «Сунаналда» хъвалеб буго хирияв Аварагас ﷺ хIарамал моцIаз (ЗулхIижа, ЗулкъагIида, МухIаррам, Ражаб) кIал кквезе лъикIаблъун бихьизабуна. Ражаб моцIги гьезул цояб ккола. Аллагьасда ﷻ лъикI лъала», - ян.

Имам Зайнудин Ал-МахIдумица «ФатхIул МугIин» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Рамазан моцIалда хадуб кIал кквезе бищун лъикIал моцIаздасан ккола хIарамалъул моцIал. Гьезул бищун хириябги МухIаррам, хадуб - Ражаб, хадуб - ЗулхIижа, хадуб - ЗулкъагIида, хадуб - ШагIбан моцIги», - ян.

 

Жабир Мажидов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...