Аслияб гьумералде

ХIунчизабуге

ХIунчизабуге

ХIунчизабуге

НасихIат берцинго гьабизе лъай кIудияб гьунар буго. Гьайгьай, киназулго гуро гьелъие махщел гIолеб. Цо-цояз хъачIго абиялъ гIадамал тIуризарула мажгиталдаса, мажгит бихьидал тIурун унеб хIалалдецин ккезарула.

 

НасихIат гьабизе ккола берцинго, живго вугеб бакIалда, ай гIадамазда цебе гуреб. Гьедин гьабичIони, мун ккола гьев чи суризарулевлъун.

ГIумар-асхIабас абуна, масала, нужеда цо чи мекъи ккун вихьани, гьесие кумек гьабейин ва гьев Аллагьасдеги ахIейин, рес бугин гьес тавбу гьабизе. Нуж рукIунгейин шайтIаналъул кумекчагIилъун, вацазе тушманлъиги гьабун.

Мажгиталда хъачIго насихIат гьабидал пуланав чи тIокIалъ мажгиталде вачIун гьечIо. Цо данделъиялда пуланасухъа цIарагI бекидал абун буго щибниги букIунарин, хIатта жидецаго бацIцIун буго чороклъараб бакI. Балагьеха, кинаб насихIаталъ асар гьабурабали?

ГIемераб жо бараб букIуна берцинго чиясда бичIчIизабиялда.

Абу ХIатамица абуна: «ГIакъилав чиясда тIадаб буго тIолалго бусурбабазе насихIат гьабизе. Пикруялдалъун, рагIиялдалъун ва пишаялдалъун гьезие хиянат гьаби тела. Щайгурелъул, Аварагас ﷺ асхIабзабазулгун къотIи гьабулеб мехалда абуна насихIат гьаби щивав бусурбанчиясе бугин», - ян.

Салафу-салихIунал ккола нилъеца мисал босизе рекъарал чагIи. Гьел ккола исламалъул меседилаб гIасруялда рукIарал чагIи. Гьебги букIана дин щулияб заман. Гьезул гIадат букIана насихIат балъго гьабулеб. Гьез абулеб букIана, насихIат гьабизе кколин нужедаго гьоркьоб, амма загьирго гьабураб насихIат кколарин абун.

Хадур рачIарал табигIуназги абуна, салафу-салихIуназул цоясе насихIат гьабизе бокьидал, балъго гьабулеб букIанин абун.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Муса авараг пиргIавнихъе витIидал, амру гьабула берцинго, хIеренго гьесда абейин, рес бугин гьев кантIизе. ХъачIлъиялъ хIасил кьолеб букIарабани, Аллагьас ﷻ квешав пиргIавние берцинго насихIат гьабеян абилароан.

ХIасаницаги ХIусеницаги бихьизабуна берцинаб мисал. Херав чи гьезда мекъи какие чурулев вихьидал, аскIореги ун, абула: «Нижер лъица берцинго ва битIун какие чурулеб бугебали балагье», - ян. КIиязго гьесда цебе какие чурула. Цинги херас абула: «Дица какие чуруларо берцинго. Нужеца кутакалда лъикI чурулеб буго. Дица пайда босана нужедаса, щибниги ракIхвей гьечIого», - ян.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...