Аслияб гьумералде

Салаваталъулъ Ибрагьим авараг щай рехсарав?

Салаваталъулъ Ибрагьим авараг щай рехсарав?

Нилъеца цебесеб номералда бицана Ибрагьимияб салаваталъул хиралъиялъул хIакъалъулъ. ГIемерисезул суал бачIун батизе рес буго гьеб салаваталъулъ МухIаммад аварагасул ﷺ цIар рехсон хадуб Ибрагьим аварагасул цIар щай рехсарабин абун.

 

Нилъеда лъала гьеб салават цIалеян абурав чи авараг ﷺ вукIин. Аварагас ﷺ салаваталда жаниб Ибрагьим аварагасул цIар щайха рехсараб, мисалалъе, Муса аварагасул яги цогидав аварагасул рехсечIого?

Ибрагьим ккола тIадегIанаб макъамалъул авараг. Ибрагьим авараг МухIаммад аварагасда хадув бищун хирияв вугинги абула.

Имам КъустIуланияс хъвалеб буго: «Ибрагьим авараг рехсана, мисалалъе, Муса авараг рехсечIого, щайгурелъул, Муса аварагас дугIа гьабуна гьаб умматалъ жив рехсейин кIодолъиялдалъун. Амма Ибрагьим аварагас ТIадегIанав Аллагьасда гьарана гьаб умматалъ жив лъикIлъиялдалъун рехсеян. Гьелъин аварагас ﷺ амру гьабураб жинде салават битIейин Ибрагьим аварагасде салават битIарабго гIадин.

Амма гьелъ магIна кьоларо Ибрагьим авараг МухIаммад аварагасда ващадав вугин абиялъе. Щайин абуни аварагас ﷺ амру гьабуна гьесие кколеб лъикIлъиялдалъун рехсеян.

Даражаялъул ва макъамалъул рахъалъ Ибрагьим рехсанин абун, гьев ващалъуларо МухIаммад аварагасда ﷺ. Щайин абуни, ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьезул бугеб макъамалда рекъон рехсола лъикIлъиялдалъун. Гьелъин Ибрагьим авараг жиндирго макъамалда рекъон лъикIлъиялдалъун рехсолев ва гьединго МухIаммад авараг ﷺ жиндирго макъамалда рекъон лъикIлъиялдалъун рехсолев.

МухIаммад аварагасул ﷺ макъам хириябги тIадегIанабги буго Ибрагьим аварагасулалдаса. Гьелъ аварагасе ﷺ цIалулеб салаватги хириябги тIадегIанабги букIуна Ибрагьим аварагасул салаваталдасаги. Гьедин букIин имам Нававиясги баян гьабуна.

Ибну ХIажарица «Жавгьарул Муназзам» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Ибрагьим авараг ва гьесул агьлу тIаса бищиялъе сабаб ккана, гьезие гIадин гурони ТIадегIанав Аллагьас баракатги рахIматги данделъичIо. Гьединго гьев МухIаммад аварагасда ﷺ хадув бищун хириявги ккола», - ян.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...