Аслияб гьумералде

Хъалияналъул зарал

Хъалияналъул зарал  

Хъалияналъул зарал

Хъалиян цIай ккола бищун заралиял гIадатазул цояб. Гьелъ инсанасул гIумруялъул киналго рахъазе квешаб асар гьабула. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Нужеца нужго ва нужер магIишат гIадада хвараблъун, жиб гьалаглъулеблъун гьабуге», - ян. (Суратул «Бакъарат», аят 195)

 

 

Хъалияналъул кIкIуйдуда гъорлъ руго аза-азар загьруял жал. Гьезул гIемерисел руго канцерогенал. Дагь-дагьккун гьез черх хвезабула, захIматал унтаби ккезарула. Гьезда гьоркьор руго гьуърузул рак, ракIалъул ва лугбазул унтаби, хIухьел цIаялъул унтаби ва иммунитет загIиплъи. Никотиналъул ва цогидал заралиял жалазул асаралдалъун квешлъизабула черхалъул гIаммаб хIалги ва херлъиги хехго щвезабула.

Гьелъ хъалиян бухIулев чиясе зарал гьаби гуребги, битIахъего асар гьабула сверухъ ругезеги. Цо чиясгIаги хъалиян бухIулел хъизамазда дандчIвалел руго батIи-батIиял унтаби. Хъалиян цIалес биччараб кIкIуй цIаялдалъун жеги цIикIкIунцин зарал кколеб буго. Гьединал хъизамаздаса лъималазул хIухьел цIаялъул унтаби, астма ва аллергия ккеялъул хIинкъи цIикIкIуна. Хъалиян цIалев инсул мисал лъимералъ хадубккун босизеги рес буго.

Хъалиян цIаялъ зарал гьабула тIолабго жамгIияталъеги. Гьеб лъугьуна экономикияб камиялъул кIудияб гIиллалъун. Сахлъи цIуниялъул система лъикIлъизабизе яги цогидал жамгIиял къваригIелал тIуразе хIалтIизабизе бегьулеб букIараб пачалихъияб гIарац харж гьабула хъалиян цIаялдалъун лъугьунел унтаби сах гьариялъе. Гьединго, хъалияналъул кIкIуялъ тIабигIатги чороклъизабула.

Хъалияби росулел ккола шайтIабазул гьудулзаби ва гьеб босизелъун кьолеб гIарацги исрап гьаби буго. Къуръаналда буго (магIна): «Жидеца магIишат гIадада хвезабулел гIадамал руго шайтIабазул вацал ва гьудулзаби», - ян. (Сура «Ан-Нисаъ», аят 27)

Масала, чияс щибаб къойил жиндирго буголъиялдаса 100 гъурущ бухIулеб буго. ШаригIаталъ гьев чи туснахъ гьавула, гьеб гIадаллъиялъул, психикияб унтиялъул гIаламат букIиналъ.

Хъалиян цIалез щибаб къойил кьола жидерго черхалъе ккараб заралалъухъ гIарац. Инсанас хъалиян босизе харж гьабулеб кинабго гIарац рикIкIани, гьеб ккола мал-мулкалъе кIудияб зарал. Гьелъухъ Аллагьасда ﷻ цебе жаваб кьезе ккола чарагьечIого. Мискинал, къварилъиялда ругел бусурбабазул вацазе гьеб гIарац кьезе, хъизан хьихьизе, гIагарлъиялъе кумек гьабизе кколеб бакIалда, гьес гьеб харж гьабулеб буго хъалияби росиялъе.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги зарал гьабулелдаса цIунизе.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...