Аслияб гьумералде

Ле, квешаб рухI

Ле, квешаб рухI

Ле, квешаб рухI

Дунял буго ахираталъе бекьулеб хур. Дунялалъул нух тун гурони инсан ахираталде унаро. Дунялалда бекьараб гурони ахираталдаги батуларо. ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ иманги лъечIого, напсалъе бокьарабги гьабун, шайтIаналъул нухги ккун, тавбуги гьабичIого мунагьазда даимлъун гIумру тIамурав чи вуго, Аллагь ﷻ тIаса лъугьинчIони, абадияб гIазаб тIаса бищарав.

Аварагас ﷺ абуна: «Иман лъечIев чияс дунял толаго гьесухъе рещтIуна чIегIерал гьурмалгун кIиго малаик. ЖужахIалъуса турутги букIуна гьезухъ. Цинги вачIун ГIизраил малаикас, гьесул ботIрода аскIов гIодовги чIун, абула: «Ле, квешаб рухI, Аллагьасул ﷻ ццималде мун бахъа», - ян.

Кутакаб гIазабалдалъун бахъине буго къосарасул рухI. КIиявго малаикас гьеб рухI жужахIалъуса бачIараб туртидаги лъун зодибе бачуна. Гьесдаса букIуна хвараб балканалдаса гIадаб махIги. Данде ккарал малаикзабаз абула: «Гьаб рокьукъаб рухI лъилгIаги?» - абун. Бищун квешал цIаралги гьесие кьун, малаикзабаз жаваб гьабула: «Гьаб буго пуланав чиясул васасул рухI», - абун. Зобалазул кавабахъе, щун гьел рагьейин абуниги, гьесие гьел рагьуларо.

Цинги аварагас ﷺ гьаб аятги цIалана (магIна): «Жал баянал, жидедалъун аварагзаби рачIарал дир аятал гьереси гьарулел ва гьезда иман лъезе чIухIарал гIадамазул рухIазе зобал рагьуларо ва гьел нахъруссинарун «сижиналде» ритIула. Гьеб буго капурзабазул рухIал унеб бакI. «ГIиллиюн» буго зобалазда бугеб муъминзабазул рухIал унеб бакI. Гьел гIадамал алжаналдеги лъугьунаро рукIкIадул кIартIиниса варани лъугьаниги. Гьадинаб жаза гьабула Дица гIасиял, пасикъал гIадамазе», - ян. (Суратул «АгIраф», аят 40)

Аллагьас ﷻ абула: «ЖужахIалъул бищун тIинда хъвай гьесул гIамалал», - абун. Цинги малаикзабазда абула: «Дир лагъ вукIаралъув ракьалде щвезаве, Дица гьел (гIадамал) ракьалдасан гьаруна ва ракьулъан рахъинеги гьаризе руго», - ян.

КIиго малаик вачIун гьикъула: «Дур БетIергьан щив?» - илан. Гьес жаваб гьабула лъаларин абун. Цинги гьикъула дур дин щибилан. Гьелъиеги лъаларин кьола жаваб. «Нужехъе витIарав чиясда щиб нужеца абулеб?» - илан цIехола. Капурас жаваб гьабула лъаларин абун. Цинги зодосан гьаракьалъ абула: «ЦIадул босен тIаме гьесие, цIадул ретIелги ретIе гьесда ва жужахIалъубе нуцIаги рагье», - ян. Ракьалъ гьев лугби цоцалъ унеб хIалалъ данде къала. Квешаб махI ва сурукъаб гьумер бугев чи вачIуна гьесухъе ва абула: «Дун вачIана дур ракI бакъвазабизе», - ян. Къосарас гьикъула мун щивилан. «Дур квешаб гIамал», - бугин гьев чиясги жаваб гьабула. Цинги капурчияс абула: «Я Аллагь ﷻ, Къиямасеб къо гIагар гьабуге», - ян.

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аллагьасе ﷻ рокьуларел

Исрап гьаби какун буго кинабго жоялъулъ. Гьелде кIвар кьезе ккола бусурманчияс. Щайгурелъул, жакъа исрап гьабулеб буго кваналеб кванилъ, гьекъолеб жоялъулъ. Кваналев чиясул столалда тIад букIуна чанго батIияб нигIмат. РетIунеб ратIлилъ гьабулеб исрапалъул пикру гьабе. Щивасул батула чанго соналъ...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...