Аслияб гьумералде

Эбел-инсул хIурмат гьабе

Эбел-инсул хIурмат гьабе

Эбел-инсул хIурмат гьабе

Жакъа нилъеда бихьулеб буго гIемерисел лъимал эбел-инсухъ гIенеккулел гьечIеблъи. Интернеталъ кьолеб буго гьезие тарбияги. Лъималазда ракIалде кколеб буго эбел-инсуца жидее бадибчIвайцин гьабизе бегьуларин абун. Гьебин абуни буго мекъаб, нилъер диналдеги гIадаталдеги дандего кколареб хасият.

ЖужахIалъул гIакъубаги бихьун гIезарула эбел-инсуца лъимал. Лъалареб малъула, къваригIараб чIезабула. Унтидал, сардалги рорчIула. Амма гьебгощинаб жо гьабурал эбел-инсуе баркалацин кьолеб гьечIо.

ХIурматиял лъимал, нужеда лъай нужгоги цо къоялъ эбел-эменлъун рахъине рукIин. Нужее бокьун батани нужерго лъималаз нужеда гурхIел гьабизе, жакъа нужецаги гьабе умумузул хIурмат. Гурони, нужецаги хIехьезе ккезе буго нужецаго гьабуралда релълъараб. ЧIахIиязухъги гIенеккизе ккола. Гьелги эбел-эменго гIадинал чагIилъидалха кколел.

ГIемераз бицунеб рагIула лъималазда хадуб эбел-инсул гIадин ракI лъилго унтуларин, нижеда гьеб гIолохъанго рукIаго бичIчIичIин абун. ГIайиб нилъедаги батила, тIубанго эркенлъи кьуни, гьелъ сахаб жо гьабуларелъулха. Психолагазги абула лъималазе тIубанго эркенлъи кьезе бегьуларин, гьединго цIакъго къвакIизабизеги лъикIаб гьечIин абун. Гьел рокьичIого гуро, гьезие гьеб жидеего заралияб букIиналъ.

Къуръан-хIадисалъги ахIулел руго эбел-инсул адаб-хIурмат гьабиялде.

Къуръаналда буго цоцада хурхараб лъабго аят, цояб тIубачIони цояб къабуллъулареб. Гьебги ккола: «Дуца Дие ва гьединго дурго эбел-инсуе шукру гьабе», - ян абураб.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеда лъазабулеб буго Гьесие шукру гьабизе кколеблъи ва эбел-инсуе баркала кьечIони, шукру къабул гьабулареблъи. Эбел-инсухъ гIенеккуларев чиясул шукру букIинищха?

Гьединго цо-цояз эбел-инсул рахIат хвезабун гьабула дин, ай нодо ччукIизегIан какалги ралаго. Гьединищ диналъ малъулеб бугеб? Гьеб буго жиндие къваригIараб бакIалда дин хIалтIизаби. Диналъин абуни эбел-эмен цIакъ тIадегIанаб бакIалда лъола.

Лъимер сабаблъун, ай гьесул квешаб гIамалалъ эбел-инсуе нагIана кьолеб батула. Гьебги ккола жинцаго эбел-инсуе нагIана кьей.

Нилъерго лъимал квешлъиялдаса цIунизе кIолеб дару буго цо – исламияб дин малъи ва исламияб тарбия кьун куцай. БитIараб гIакълуги, пикруги, рухIияб рахъги гьелъ цIунула.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги!

Шамил МухIаммадов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


ОРВИялде данде

Щибаб санайил дунял квачазе байбихьидал, цIикIкIуна вирусалъулаб инфекциялъ (ОРВИ) унтаразул къадар. Хасго гIадамал унтула хаслихълъиялдаса бахъараб ихдалил байбихьуде щвезегIан. Гьединлъидал гьеб заманалда жаниб кIвар бугеб жо ккола унтул аслиял гIаламатал лъай.   ОРВИ ккола батIи-батIиял...


Ракьулъ бижулеб гIурдахIан

Камъат (гIараб мацIалда факъгI абунги лъала, гIурус мацIалда трюфель) ккола ракьулъ бижулеб кваназе бегьулеб гIурдахIан. Хасго гьеб гIемер батула ГIагараб Машрикъалъул ва Шималияб Африкаялъул авлахъазул гIатIилъабазда, гьениб гьеб загьирлъула цIад бан хадуб. Гьеб гIажаибаб ракьалъул нигIматалъе...


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...