Аварагасул ﷺ агьлу бокьи - иманалъул бутӀа
Аварагасул ﷺ агьлу бокьи - иманалъул бутӀа
Аварагасул ﷺ агьлуялъул чагIи рокьи ккола иманалдаса ва Аварагасдехун ﷺ рокьи букIиналъе гIаламат. Гьезул адаб гьаби ккола Аварагасул ﷺ хIурмат гьаби. Унго-унгояб иман букӀине рес гьечӀо Аварагасе ﷺ рокьулел рукӀарал чагӀаздехун адаб-хӀурмат гьабичӀони.
Цо нухалъ ГӀумар ибну ХатIабица, Аварагасул ﷺ имгӀал ГӀабасида абула: «Аллагьасдалъун гьедула, дур ислам дие дирго инсул исламалдасаги хирияб буго, гьес гьеб къабул гьабулеб букӀарабани, щайгурелъул, дур ислам Аварагасе ﷺ цӀикӀкӀун хирияб букӀиналъ», - ян.
Имам Бухарияс ГIукъба ибну ХIарисидасан бицун буго: «Цо къоялъ Абубакар-асхIаб, бакъаникакги бан, къватӀиве вахъуна. Гьеб мехалъ гьесда вихьула ХӀасан, васазда цадахъ васандулев. Гьес гьев жиндирго горбода лъола ва абула: «Дир эмен дуе къурбанлъун вукӀине те. Мун цIикIкIун Аварагасда ﷺ релълъарав вуго ГIалидасаги», - ян.
Гьебго рокьиги гьуинлъиги Абубакаридаги ГӀалидаги гьоркьоб букIана. ГIали-асхIабас жиндирго васасда Абубакар абун цIар лъола ва Абубакарил вас жиндихъего вачуна, халифалъи нухда бачине ругьунги гьавула.
Имам АхӀмадица къурайшиязул шайих, яги хӀадис-гIелмуялъул гӀалимчи, ялъуни къурайшиязул машгьурав чи жиндихъе вачIани, цеве гIодов чIезавулаан ва гьел тIоритIизе къватIиве вахъунаан.
АбухӀанифаца кӀудияб адаб гьабулаан Аварагасул ﷺ агьлуялъул ва гьезде рокьи загьир гьабулаан.
Анас ибн Маликица ГӀумар ибн ХатIабидасан бицараб хӀадисалда буго: «Ракъдаллъи ккараб мехалъ, гӀадамаз Аллагьасда ﷻ цӀад гьарула ГӀаббас ибн ГӀабдулмутӀалибил цIаралдалъун. ГIумарица абула: «Цебе Аварагасдалъун ﷺ цIад гьаридал Дуца нижее кьолаан. Гьанже нижеца Дуда гьарулеб буго Аварагасул ﷺ имгӀаласдалъун – нижее цӀад кье», - ян.
Гьаб хӀадисалъ нугӀлъи гьабула тавассул (лъилниги кумекалдалъун Аллагьасда ﷻ гьаризе) Аварагасдалъун ﷺ, гьединго Аварагасул ﷺ тухумалдаса цогидал ритӀухъал гӀадамаздалъун гьаризе бегьулеблъиялъе.
ХӀафиз ибну ХӀажарица «ФатхIул-Бари» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «ГӀаббасил къисаялдаса дарс босула ритӀухъал ва такъва бугел чагIаздалъун, гьединго, Аварагасул ﷺ агьлуялдалъун гьарун кумек тIалаб гьабизе бегьулеблъиялъе», - ян.