Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гьаракь

Аварагасул ﷺ гьаракь

Аварагасул ﷺ гьаракь

ГIемерал хIадисаз тIоритIел гьабула Аварагасул ﷺ гьаракь киназдасаго берцинаб букIанин абун.

Анас бин Маликица бицана ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги авараг витIичIила гьумерги берцинав, гьаракьги берцинаб бугев гурони.

 

Гьесул гьаракь букIана рикIкIадасанго рагIулеб. Гьелъ бихьизабулеб буго Юсуп аварагасдаса МухIаммад Авараг берцинав вукIин ва Давуд аварагасдаса Аварагасул гьаракь берцинаб букIин. Гьесул рокъоса къаси цIалулеб Къуръан рагIулеб букIана КагIбаялде щвезегIан ва тIолабго шагьаралъул рагIаллъабаздеги.

Аварагасул гьаракь щолеб букIана цогидазул щолареб бакIалде.

Бараица бицараб хIадисалда буго, Аварагас ﷺ жидее вагIза гьабунин ва гьеб рагIанин жиде-жидер рокъор рукIарал гIолохъанал ясазда.

ГIолохъанал ясазда гьаракь рагIанин рехсана, щайгурелъул, гьел рокъор чIун рукIарал ясал рукIиналъ.

ГIаишатица бицана, рузман къоялъ Аварагас ﷺ минбаралда гIодовги чIун, халкъалда гIодор чIаян абунилан. Бану Гъанмиялда вукIарав ГIабдуллагь бин РавахIатида Аварагасул гьаракь рагIула ва гьеб бакIалда гIодов чIола.

Бану Гъанм абураб кIкIал ккола Мадинаялда бугеб Хазраж къавмалъул бакI. Ибн РавахIат Аварагасул амруялда нахъвилъун гIодов чIола, гьенив гьечIониги.

ГIабдуррахIман бин Муаз ат-Таймияс бицана: «Цо нухалъ ниж Минаялда рукIаго, Аварагас нижее вагIза гьабуна. Гьеб заманалда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нижер гIундул рагьана ва рокъор рукIаралани Аварагасул калам рагIизе букIана», - ян.

Умму Гьаниица бицана: «Дида рагIана Аварагас ﷺ къаси Къуръан цIалулеб, гьев КагIбаялда аскIов вукIаго, ва дун дирго бусада егун йикIаго», - ян. Гьелъул рукъ КагIбаялдаса гIезегIан рикIкIад букIана.

Имам Муслимица бицана Жабир бин Сумратица бицараб хIадис: «Аллагьасул Расулас ﷺ вагIза гьабизе байбихьараб мехалъ, гьев хIалуцунаан, Аллагьас хIарам гьабурал жалазул бицен ккедал. Аварагасе ﷺ бокьулаан БетIергьанасул тамихIалдаса хIинкъиялде ахIизе. Гьесул гьаракь кьварараблъун лъугьанаан радал яги къаси (бокьараб заманалда) гьужум гьабизехъин бугеб кIудияб аскаралъул гьужумалъул хIакъалъулъ халкъалда лъазабизе бокьарав чиясул гIадин».

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...