Аслияб гьумералде

ЛъикIал гIамалал

ЛъикIал гIамалал

ХIадисалда буго: «Аллагь ﷻ лъикIав вуго, Гьесие лъикIлъи бокьула. Гьес ﷻ лъикIлъиялдалъун щвезе рес кьола кьвари ва цогидалдалъун щвезе кIолареб жо», - абун (Бухари). Дунял бихьиялъе Аварагасул ﷺ гьал рагIаби кьучIлъун руго бусурбанчиясе. ЛъикIлъиги, гIицIго беццараб гIамаллъун букIин гуребги, гьеб буго гьоркьоблъи гьабиялъе нух.

 

ЛъикIлъиялдалъун хIасуллъула Халикъасул ﷻ разилъи, вац-яцазда гьоркьоса инабула тIадецуй ва хъачIлъи. БатIи-батIиял гIелмабазул гIалимзабаз баян гьабураб кинниги, гьеб буго бищунго тIадегIанал яхI-намусазул ва тIабигIатазул къимат. Цо гIакъилас абун буго: «ГIаммаб къагIидаялъ яхI-намус ккола нилъеца нилъерго ишазе къимат кьолеб къагIида, гьелги лъикIаздеги квешаздеги рикьун», - ян. Динияб рахъалъ лъикIаб гIамал ва гурхIел-рахIмуялъул ишал гьари садакъалъун ккола. Аварагас ﷺ абуна нухдаса гамачI нахъе рехицин лъикIаб гIамал бугин. ЛъикIал ишал гьариялдалъун инсанас цогиясе кумек гьаби гуребги, гьездалъун чи живгоги лъикIлъула, жиндир къасдалги мурадалги нахъегIанал ишаздаса рацIцIалъула, дагь-дагьккун берцинал тIабигIатаз живги кверде восула.

Диналъ муъминзаби ахIула ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ кинабго махлукъаталъе лъикIлъи гьабизе: жиндиего, эбел-инсуе, хъизамалъе, лъималазе, хIайваназе, хIатта рухI гьечIеб жоялдехунцин. ГIайшатидасан бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «ЛъикIлъиялъ кидаго берцин гьабула щиб букIаниги жиб жинде щвараб жо. ЛъикIлъиялдаса цо жо махIрум гьабураб мехалъ, гьелъ чара гьечIого намус хвезабиялде рачуна», - абун (Муслим). Живго Аварагги ﷺ вукIана гIадамазда гьоркьов бищунго лъикIавлъун. Гьес нилъее нахъе тана жамгIияталда кин хьвадизе кколебали бихьизабураб мисал.

Жакъа психологиялъул гIелмуялъ бихьизабулеб буго, лъикIавлъун вугевгIан мехалда инсан психикияб рахъалъги сахавлъун вукIунин абун. ЛъикIлъи гьабулев чиясухъа бажарула гIорхъолъа араб ццим бахъиналде дандечIун. Гьелдаго цадахъ кIола, тохлъукьего гьаризе ккарал масъалаби, тIуразарунги. 

ЛъикIлъи гьабулев чиясул нервабазул гIуцIи букIуна эркенго. ЛъикIлъи букIуна чиясул чорхол хIал щулаго чIеялъе кIуллъун. Сахлъи буго нилъее Халикъас ﷻ кьураб къимат тIадегIанаб сайгъат, гьелъул ургъел гьабиги нилъеда тIадаб жо ккола. РухIалъе бищун лъикIаб даруги буго лъикIлъи, лъикIал гIамалал ва лъикIал пикраби. Чияс хIаракат бахъизе ккола, кигIан квешал гIадамал сверухъ ругониги, живго лъикIавлъун вукIине. Квешлъиялъ рухIиял хаслъабигун чорхол сахлъи хвезабула, лъикIлъийин абуни буго бокьараб унтиялъе бищунго лъикIаб тимар гьабилъун.

ЛъикIав чи киданиги талихIкъаравлъун вукIунаро, щайгурелъул, Аллагьасда ﷻ цере чIараб къоялъ щивас жинцаго гьабуралъул жаваб кьезе бугелъул.

ЛъикIлъиялъ чи берцин гьавула гIадамаздаги БетIергьанасдаги ﷻ цеве. ЛъикIаллъун ратаги киналго! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...