Аслияб гьумералде

Къулгьу...

Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)

 

Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал сурабазул цояб Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда кин бащалъулебин абун. Цоги хIадисалда буго: «ХIакълъунго, Аллагьас Къуръан лъабго бутIаялде бикьана ва гьезда гьоркьоса цояблъун гьабуна «Къул гьува Ллагьу ахIад» абураб сура», - ян. (Муслим)

ГIалимзабаз баян гьабуна Къуръаналъул магIна гIага-шагарго лъабго гIатIидаб бутIаялде бикьулин: риваятал, хIукмаби ва Аллагь, Гьесул цIарал ва сипатал лъай. «Ал-Ихлас» сура тIубанго лъабабилелдасан ккола.

ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Дуца абе, МухIаммад, дица Жиндие лагълъи гьабулев дир БетIергьан Аллагь вуго жив цогояв. Жив щибго жоялде хIажат гьечIев, кинабго махлукъ щибаб лахIзаталъ Жинде хIажатав Аллагь вуго гьев. Жиндир лъимер гьечIев. Жив цоги чиясул лъимерлъунги гьечIев. Гьев Аллагьасдехун бащалъи гьабулев, Гьесда релълъарав, Гьесул гIадаб гьунар, къуват бугев щивго чиги гьечIо», - ян. (Сура «Ал-Ихлас»)

Ункъо гурони аят гьечIо, амма гьезул щибалда бицунеб буго ТIадегIанав Аллагьасул, Гьев цо вукIиналъул ва камиллъиялъул хIакъалъулъ.

Имам Нававияс хъван буго «Ал-Ихлас» сураялъулъ тIубанго Аллагьасул сипат-сурат гьабулеб бугин, гьединлъидал гьеб кколин Къуръаналъул лъабго аслияб бутIаялъул цояб. Гьединабго баян кьуна имам КъуртIубиясги, гьеб сураталда ТIадегIанав Аллагьасул цIаразул ва сипатазул хIакъалъулъ лъай бугин абун.

Гьединго гIалимзабаз бицана кириялъул кIодолъиялъулги. Аллагьасул рахIматалдалъун инсанас гьитIинабго лъикIаб гIамал гьабидал, рес буго Аллагьас гьелъухъ кIудияб кири хъвазе. Гьединлъидал «Ал-Ихлас» цIали кириялъул рахъалъ Къуръаналъул лъабабилеб бутIа цIалиялда бащалъулеб букIине бегьула. Амма гьелъул магIна кколаро инсанас хIакъикъаталдаги Къуръаналъул лъабилеб бутIа цIаланин абураб. Гьединго гьеб сура лъабго нухалъ цIалиялъ тIубараб Къуръан цIали хисуларо. ГIамалалъухъ щолеб кириги жибго гIамалги цого жо гуро.

«АхIад» абурал рагIабаз - Цояв, Цогояв - ва «Ас-Самад» - Живго жиндаго чIарав, кинабго махлукъат Жиндиде хIажалъарав, Жив лъидениги хIажалъичIев абурал рагIабаз сураталда хасаб бакI ккола. Гьел аятаз тасдикъ гьабула бацIцIадаб тавхIид ва инкар гьабула ТIадегIанав Аллагьасул кIодолъиялъе данде кколаребщинаб жоялдаса.

«Ал-Ихлас» абураб цIаралъул магIна ккола ракIбацIцIалъи ва рацIцIалъи. Сураялъ малъулеб буго ракIбацIцIадго гьабулеб гIибадат цохIо Аллагьасе гьабизе ва игIтикъад, ай Аллагьасда божилъи ширкалдаса бацIцIад гьабизе.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...