Аслияб гьумералде

Аварагас ﷺ гьоркьоб биччалароан

Аварагас ﷺ гьоркьоб биччалароан

Аварагас ﷺ гьоркьоб биччалароан

ЗухIаялъул как ккола цIакъ хирияб как. Гьеб бала бакъ баккараб мехалдаса къалъизегIан цебе. ЗухIа мажгиталъуб базе хириябги буго.

 

МахIмуд ибну Гъайланица бицана Абу Давуд ТIаялисиясдасан, гьесги бицана ШугIбатидасан ва гьесги Язид Ришкиясдасан, ай Язидица абунин жинда рагIанин МугIазатица абулеб: «Дица гьикъана ГIаишатида: «Аварагас ﷺ зухIа балеб букIанищ?» - ян. Гьелъ абуна: «Ункъо ракагIат балеб букIана ва жеги цIикIкIинабулаан», - абун.

ХIадисалда ункъо ракагIат рехсана, щайгурелъул, гIемерисеб мехалда Аварагас ﷺ зухIаялъул ункъо ракагIат балеб букIиналъ. Амма цо-цо мехалъ кIиго, анлъго ва микьго банги толаан. Гьеб ккола бищун цIикIкIараб ракагIат, шафигIияб мазгьабалда рекъон, имам Бажурияс ва ибну ХIажарияс накълу гьабураб гIадин.

ХIанафияз абула бищун дагьаб кIиго ракагIат бугин ва бищун цIикIкIун 12 бугилан. Гьелъие гьез далиллъун бачуна гьаб хIадис: «ЗухIаялъул 12 ракагIат барав чиясе Аллагьас ﷻ Алжаналъуб гьесие меседил рукъ бала», - ян.

Бищун дагьаб ракагIаталъул хIадисалда буго: «Кидаго кIиго ракагIат зухIаялъул балев чиясул мунагьал чурула, ралъдал полопгIан гIемер ругониги», - ян. (Имам Тирмизи, ибну Мажагь)

Анас ибну Маликица абуна: «Дир гьудулас (Аварагас ﷺ) дие васият гьабуна, дица гьебги толаро хвезагIан: щибаб моцIалъ лъабго кIал кквей, зухIаялъул как ва витруги бан кьижи», - ян.

Имам Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Нуж рорчIидал щибаб лагаялъ садакъа кьезе ккола. Щибаб тасбихI садакъа ккола. Щибаб тахIмидги садакъа буго. Щибаб тагьлилги садакъа ккола. Щибаб такбирги ккола садакъа. ЛъикIалде амру гьаби ккола садакъа ва квешалдаса гьукъиги ккола садакъа. Гьаб кинабго жанибе бачуна зухIаялъул кIиго ракагIаталъ», - ян.

Имам ХIаким Нисабурияс хъвана зухIаялъул какил бицараб тIехь ва абулаан мугIалимзаби-хIафизаз ункъо ракагIат зухIаялъул балеб букIанин.

ХIакъикъаталдаги ункъо ракагIаталда тIадчIей гьаби хирияб буго. Щайин абуни, кидаго гьоркьоб биччачIого гьабулеб дагьаб гIамал Аллагьасе ﷻ цIикIкIун бокьула цо нухалъ гIемер гьабун теялдаса.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...