Аслияб гьумералде

Куфаялъул муфти

Куфаялъул муфти

ГӀиракъалъул факъигь, имам, хӀафиз Ибрагьим ан-НахагIи ккола кӀудиял табигӀиназул цояв, ай жинда асхIабзаби рихьарав чи.

 

Абу ГIимран Ибрагьим ибн Язид ибн Асвад ибн ГIамр ибн РабигIат ибн ХIарис ибн СагIд ибн Малик Куфи НахагIи ккола табигIуназул гIасруялъул факъигь, мужтагьид, хIадисазул гIалим ва Куфаялъул муфти. Гьев гьавуна гьижрияб 50-абилеб соналъ, цогидал риваятазда буго 46-абилеб соналъиланги.

Ибрагьим НахагIи вукӀана ритӀухъав ва Аллагьасукьа ﷻ хӀинкъулев, гIемераб гӀибадатги ва лъикӀал гӀамалалги гьарулев чи.

Гьев фикъгьиялъул имамлъун вахъана ва гӀемерал хӀадисалги рицана. ГьитӀинаб мехалъ имгӀалгун цадахъ хӀеж борхана ва дандчӀвана муъминзабазул эбел ГӀайшатгун. Амма гьес гьелдасан цониги хӀадис бицинчIо.

ГӀемерал табигӀуназ Ибрагьим НахагIиясдасан хӀадисал рицана ва гьезда гьоркьоса ккола: Ас-Сабии, ХӀабиб ибн Аби Сабит, Саммак ибн ХIарб, ХӀакам, АгIмаш, ибн ГIавн ва ХӀаммад ибн Сулайман. 

Гьединго Ибрагьим НахагIи рикӀкӀуна имам АбухӀанифал мугӀалимзабазул цоявлъун. Гьелда тIадеги, гIалимзабаз абун буго ГӀабдуллагь ибн МасгӀудидасан бачIараб гӀелму имам АбухӀанифахъе щванин Ибрагьим НахагIиясдасан.

Жиндирго вахӀшилъиялъ машгьурав ХӀажажидаса НахагIи вахчун вукӀана. Имам АбухӀанифаца бицана ХӀаммад ибн Сулайманица абунин: «Дица Ибрагьим НахагIида ХӀажаж хванин хабар бицараб мехалъ, гьес ТӀадегӀанав Аллагьасе ﷻ щукру гьабун сужда гьабуна ва гIемер вохиялъ гIодана», - ян.

Ибрагьим НахагIиясдасан хӀадисал рицараз гьесие рецц гьабулаан. Гьез гьев рикIкIунаан божизе бегьулев чилъун ва гIемерал гIелмабазул лъай бугев гIалимчилъун.

Ибрагьим НахагIи ахир-къадги фикъгьиялъул имамлъун ва Куфаялъул муфтилъун вахъана. Гьев вукӀана Куфаялда къадру бугев чи.

Ибрагьим НахагIи дандчӀвана гIемерал асхӀабзабигун, гьезда гьоркьор рукӀана Зайд ибн Аркъам, Анас ибн Малик, Мугъира ибн ШугӀбат, Бара ибн ГӀазиб ва цогидалги. Амма гьес гӀемерисел хӀадисал табигӀиназдасан рицана.

Жариридасан бицун буго ИсмагӀил ибн Абу Халидица абунин: «ШагӀби, Ибрагьим НахагIи ва Абу аз-Зугьа мажгиталда данделъун, хӀадисал такрар гьарулаан.  Амма риваят гьечӀеб хӀадис дандчӀвараб мехалъ, гьел руссунаан Ибрагьим НахагIиясдехун», - ян.

Ибрагьим НахагIица дунял тараб гIумру гьабулеб букӀана. Гьес цо къоялъ кӀал кколаан, хадусеб къоялъ гьоркьоб къотӀизабулаан. Гьедин гьабуна тIубараб гIумруялъулъ. ТабигӀуназул гIасруялъул имамзабаз Ибрагьим НахагIи веццулаан, гьесул хӀакъалъулъ гьез гӀемерал лъикӀал рагӀаби абуна.

Жиндаса Аллагь ﷻ разилъаяв СагӀид ибн Жубайрица гьесул хӀакъалъулъ бицана: «Нужеда гьоркьов Ибрагьим НахагIи вукIаго нужеца дие гьаб суал щай кьолеб бугеб?» - ян.

Абу ЗаргӀица абуна: «Ибрагьим НахагӀи ккола исламалъул бищунго лъикӀал гӀадамазул цояв», - ян. (Имам Навави, «Тагьзибул асмагӀи ва Сифат»)

Имам АхӀмад ибн ХӀанбалица гьесул хӀакъалъулъ абуна: «Ибрагьим НахагӀи вукӀана гӀакълу бугев чилъун ва хӀафизлъун», - ян.

АхӀмад Ижли Ибрагьимица НахагIил хӀакъалъулъ абуна: «Гьевги ШагӀбиги жидер заманалда Куфаялъул муфтилъун рукӀана. Гьев вукӀана ритӀухъав гIалим ва цӀакъ Аллагьасукьа ﷻ хӀинкъулев чи», - ян.

Ибну ГIавница абуна, Ибрагьим НахагIи хвараб мехалъ жив ШагIбихъе щведал, гьес дида гьикъанин: «Ибрагьим НахагIил зигара гьабизе гӀахьаллъаразда гьоркьов вукӀанищ мун?» - ян. Дица вукIанин абун бетIер хьвагIана. Хадуб гьес абуна, гьесда релълъарав чи я Куфаялда, я Басраялда, я тӀолабго Шамалда жиндаса хадув течIо», - ян («ТIабакъатул Кубра»).

Имам Ибрагьим НахагIи хвана Куфаялда гьижрияб 96-абилеб соналъ халиф Валид ибн ГӀабдулмаликил заманалда. Цо-цо баяназда рекъон, гьев хведал гьесул 49 сон букӀана, цогидаз абула 58 сон букIиниланги. 

 

МухIаммаднаби АхIмаев

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...