Аслияб гьумералде

БухIилаго кванаге, квандеги пударуге

БухIилаго кванаге, квандеги пударуге

БухIилаго кванаге, квандеги пударуге

Кванил адабаздасан ккола кванде пударунгутIи. Пудари карагьатаб иш буго. Ибну ГIаббасица абулаан: «Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ я кванде яги лъеде тIаде киданиги пулароан ва цIарагIалъубе хIухьелги биччалароан», - ян. (Ибну Мажагь)

 

Цогидаб хIадисалда буго: «Лъим гьекъолаго цIарагIалъубе хIухьел биччаге. Цоги нухалъ гьекъезе бокьидал, хIухьелги босун байбихье цIидасан гьекъезе», - ян. (ХIаким)

«Файзул Къадир» абураб тIехьалда хъван буго: «Лъеде хIухьел биччан гьекъей хIайваназул гIадат буго. Инсанас гьедин гьекъедал, гьес хIайваназда релълъенлъи гьабула», - ян.

Аварагасда ﷺ цIехана кванилъ гIучI-мичIил батани, щиб гьабилебилан абун. Аварагас ﷺ абуна: «ЛъикIаб букIина гьеб нахъе босани яги нахъе тIуни», - ян.

Аварагасул ﷺ суннаталдасан ккола цIакъго бухIараб квен дагьаб цIорозегIанги тун кванай. Гьес ﷺ абулаан бухIараб квен баракат гьечIеб букIунин. Абубакарил яс Асмаицаги чурпа гьабун кваназе ахIилалде, суркIаялъубеги тIун, тIаса хIухьел инегIан толаан. Гьединаб кванде Аварагас ﷺ абуна: «Гьелъулъ буго кIудияб баракат», - илан. (Ибну ХIиббан)

Жакъа тохтурзабазги чIезабун буго бухIараб квеналъ инсанасе зарал гьабулеблъи.

Кванде пудари рекъечIеб гIамал буго. Гьединлъидал дагьаб мехалъ, бухIи инегIан, тезе ккола квен.

Медицинаялъул рахъ босани, кванде пуй ва гьедин кванай цIакъ заралияблъун рикIкIуна. Нилъер хIухьел, кванидаса бахъун бачIунеб бухIараб хIухьелгун данделъидал, гьеб сверула заралиял бактериязде. Кванда цадахъ гьел бактериял угьире индал, гьеб сабаблъун чохьол унтаби рагъаризе рес буго. Гьелдаго цадахъ щекъер унтизеги рес бугин хъвалеб буго.

ГIемер халлъула гIисинал лъималазе квен кьолаго эбелалъ цин жинцаго кванде пун ялъуни хIацIуца биччизабун цIорозабулеб, ай лъимадуе кьелалде. Гьеб буго мекъаб пиша. Эбелалъул унтаби лъимадуе щвезе бищун хехаб нухги гьеб буго.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги!

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

КIухIаллъун йиго     Гьале лъабго моцIгIанасеб заман буго щибго гьабизе бокьуларого. Цее хIалтIулаан, цIалдолаан, гьудулзабигун дандчIвалаан, гIумруялдаса рохел букIунаан. Амма гьанже бокьулеб буго егизе, телевизоралъухъ балагьизе, дунго дидаго йикIине. Росасдаги хехго ццим бахъуна,...