Аслияб гьумералде

ШафагIаталъе хIалае бахъ унеб

ШафагIаталъе хIалае бахъ унеб

Къуръан буго Аллагьасул ﷻ калам. Гьелда жанир ритIухъ гьаруна цересел аварагзабазухъе рещтIарал тIахьал ва насху гьаруна гьезулъ рукIарал хIукмаби. Гьеб ккола 23 соналъ аварагзабазул сайид – МухIаммадихъе ﷺ рещтIараб. Гьелъ муъминчиясул гIумруялда жаниб кIудияб бакIги ккола.

Гьелъулъ руго шаригIаталъул хIукмаби, гIумрудул мисалал, батIи-батIиял аварагзабазул къисаби. ХIакъаб жо буго щивав бусурбанчиясда Къуръаналъул даражаялъул ва гьеб цIалиялъул бугеб хиралъи лъалеб бати. Гьеб цIали буго Аллагьгун ﷻ кIалъай, Гьев ﷻ рехсеялъе гьабулеб гIамалалъул бищун лъикIаб.

Гьеб цIалиялъулъ руго гIемерал пайдаби, рухIиябгун загьирияб черхалъе дару ккола гьеб, Аллагьасул ﷻ рахъалдаса баракат-цIоб рещтIин. Бугониги, нилъерго загIиплъиялъ батила, гьеб цIали нахътIамун, тIаса-масаго тун батула. Гьединлъидал рехсела Къуръан цIалиялде ракI гьесизабизелъун гьитIинабго баян.

Къуръан цIализе бокьизе кумек гьабула:

ТIоцебесеб иргаялда, нилъеда бичIчIи, жужахIалъул цIадаре ккеялдаса нилъ цIунизелъун, Къиямасеб къоялъ гьелъие бокьулеблъи нилъее кумекалъе бахъун шапагIат гьаби. Аварагас ﷺ хIадисалда абулеб буго: «Къуръан цIале, Къиямасеб къоялъ гьеб бачIине буго жиб цIаларасе хIалае бахъине», - абун (Муслим). Гьелдаса кIудияб жо щиб букIинеб гьеб цIалулев чиясе?

КIиабизе, гьеб цIалиялдалъун щолеб ажруялъул хал гьаби. ХIадисалда рехсараб кинниги, Къуръан цIалиялъухъ кьолеб ажруялдасан буго щибаб хIарп рикIкIун лъикIлъи хъвай. Гьелде тIадеги, нилъеда лъала щибаб лъикIаб гIамалалъухъ БетIергьанас ﷻ ажру гьабулелъул анцIиде бахинабун ва жеги цIикIкIинабун кьолеблъи. Къуръан цIалиялдаса мурад букIине ккола гIицIаб Аллагьасе ﷻ гIололъун букIин. Амма гьеб цIалиялде кIвар гьабуларел нилъ гIадал загIипаз, щолеб ажруялъул пикру гьабуни, кумек букIинин ккола гьеб цIалиялде гьесизе.

ГьитIинал сураби, дагьалго аятал цIаланиги, хIаракат бахъе щибаб къойил Къуръаналдаса дагьабг1аги жо цIаличIого тунгутIизе. Цо къоялъ гIемер цIалиялдаса щибаб къойил гьедин цIали Аллагьасеги ﷻ бокьулеб буго. Гьедин ругьунлъараб мехалъ ниятги Аллагьасе ﷻ гIоло цIалулеблъун лъугьуна.

Лъабабизе, цIалулелъул гьениб бугеб магIнаялъул пикру гьаби. МагIна бичIчIуларес хиял гьабила щибаб аят хас гьабун жинде ва жиндир гIамал-хасияталде гIунтIизабун рещтIараб бугин абун. Гьелъги кумек гьабула Къуръан бокьизе ва вагIзалъун гьеб босизе. МагIнаялъул пикру гьаби буго Къуръан цIалулелъул Аллагьас ﷻ лагъзадеридаса тIалаб гьабулебги.

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...