Аслияб гьумералде

Хвасарлъи

Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун. 

 

Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Щибаб напсалъ хвалил кьогIлъи чIамизе буго ва щивасе, Къиямасеб къоялъ жиндир гIамал бихьун, тIубараб жазаъги гьабизе буго. ЖужахIалдаса хвасарлъун Алжаналде витIаравги кIудияб талихIалда кверщел гьабуравлъун вуго…», - ян (сура «алу-ГIимран»). Хирияв Аварагасги ﷺ хIадисазулъ гIемер рехсей гьабуна Алжан насиблъулел гIамалазул, ай жал тIуразариялдалъун инсан жужахIалъул агьлулъун лъугьине гьечIел.

Рехселин Аварагасул ﷺ хIадисазулъ баян гьарурал, жужахIалъул агьлулъун рукIине гьечIел гIадамазул хIакъалъулъ. ТIоцересел руго жал Аллагьасдаги ﷻ божарал, куфруялде руссиналдасаги хIинкъарал. Анас ибну Маликидаса бицун буго, жинда рагIанин Аллагьасул ﷻ расулас ﷺ абулеб: «Лъабго сипат буго, жиндилъ гьел данделъарав иманалда кверщел батаравлъун вугев: Аллагьги ﷻ Гьесул Расулги ﷺ жидее сундасаго рокьулел, цогидав вокьани гьевги жиндие Аллагьасе ﷻ гIололъун вокьарав, гьединго (лъабабилеб) цIадулъеги рехун жиндие гIазаб гьаби рихунебго гIадин, куфруялде вуссинги рихунеб», - абун (Бухари).

КIиабилел, парзгун суннатал какал раялда тIадчIей гьабулел. Аварагас ﷺ абунин ХIанзала ибну РабигIица бицун буго: «Къойил балеб щуябго какида, какичури, гIуж, рукугI-сужда мухIкан гьабун ва гьебги Аллагьасе ﷻ гIоло жинда тIадлъураб хIакълъун бихьун, тIадчIей гьабулев жужахIалъул цIаялъе хIарам гьавурав вуго», - ян (АхIмад).

Суннатал каказул хиралъи буго паризаяб гIамалалъулъ ккараб гъая жидеца бацIцIад гьабулеб даража. «Къалъул какда цебе ва хадуб ункъо ракагIат суннатаб какалда тIадчIей гьабулев Аллагьас ﷻ жужахIалъе хIарам гьавула», - ян (Тирмизи). Цогидал каказда цере-хадур ралезулги буго хасаб кири.

Лъабабилел руго гIадамазда гьоркьор рукIа-рахъиналъулъ гIамал-тIабигIат бигьаял. ГIабдуллагь ибну МасгIудидаса бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «ЖужахIалъул цIаялъе хIарам гьавуравлъун вуго тамахав, гIодове виччарав, гIадамазде гIагарав, гIамал-хасияталъулъ бигьаяв чи», - ян (ибну ХIиббан).

Ункъабилел руго Аллагьасдаса ﷻ хIинкъун гIодулел. ГIабдуллагь ибну МасгIудидаса бицараб хIадисалда буго: «Цониги лагъ гьечIо БетIергьанасдаса ﷻ хIинкъиялъ жиндир бадиса, тIотIол бетIергIанасебгIаги, магIил горо бачIарав ва гьебги кIакьалде тIинкIарав Аллагьас ﷻ жив жужахIалъул цIаялъе хIарам гьавун гурони», - ян (ибну Мажагь).

Щуабилел руго ракI-ракIалъ «Ла илагьа илла Ллагь» абураб калима жидеца абурал. МахIмуд ибну РабигIадаса бицун буго: «ГIицIаб Аллагьасул ﷻ разилъи тIалаб гьабун «Ла илагьа илла Ллагь» абураб калима абурав чи Гьес ﷻ жужахIалъул цIаялъе хIарам гьавурав вуго», - ян (Муслим).

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...