Аслияб гьумералде

Мажгиталъул адаб

Мажгиталъул адаб

ГIалимзабиги тIагIинарулеб, мажгиталги къалел, как базецин гьукъулеб букIараб заманги тIаса ун, дин биччараб мех нилъее кьуралъухъ нилъеца кидаго ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ рецц гьабизе ккола. ГIицIго кIалалъ шукру гьабунги гIоларо, гIамалаздалъун гьабизе ккола

 

Масала, мажгитазде хьвадун, мадрасабазде ун ва гьел гурелги Аллагь ﷻ разиял гIамалазда тIадчIей гьабун. Мажгитазде хьвадиялдаго цадахъ, мажгитазул адабалги цIунизе ккола. ГIемерал гIадамазда мажгитазул гьаризе кколел адабал лъалелго гьечIо.

Мажгиталъул гьарулел адабазул бищун кIудияб ккола как ахIулеб ялъуни как ахIилалде цебе мухIканго какиеги чурун, какичуриялъул кIиго ракагIат суннатаб какги бан, жамагIат гьабун как базе ин. Мажгиталдеги хIузуралда, гIедегIичIого, Аллагьги ﷻ рехсолаго ина.

Мажгиталде жанире лъугьунаго кваранаб хIетIе цебе гьабун лъугьина, аварагасдасан ﷺ бачIараб гьаб дугIаги цIалила: «АгIузу биллагьил гIазими ва биважгьигьил карими ва бисултIанигьил къадими мина шайтIанирражим. Бисмиллагьи вассалату вассаламу гIала расулиллагь. АллагьуммафтахI ли абваба рахIматика».

Мажгиталде лъугьиндал суннатаб буго кIиго ракагIат тахIияталъул как базе. Мажгиталъуб тахIият бай, цоги кинаб бугониги как баялъги тIаса ккола.

ТахIияталъул как бан хадуб мажгиталда ругел гIадамазе салам кьела, салам буссинабизе регIараб хIал гьезул батани, батичIони, жамагIат гьабун паризаяб как балел ялъуни цогидал какал ралел рукIун, гьеб мехалъ «Ассаламу гIалайка ва гIала гIибадиллагьи» абун абила.

Мажгиталде лъугьиндал ялъуни тахIияталъул как бан хадуб суннатаб игIтикафалъе ният гьабуни, лъикIаб букIина. Гьелъие ниятги гьадин гьабила: «Дица ният гьабула гьаб мажгиталда жаниб суннатаб игIтикафалда чIезе», - абун.

Аллагьасул ﷻ рокъор ругел чагIи, Аллагьасул ﷻ гьалбал руго. Гьединлъидал, хIузуралда, хушугIалда гIибадат гьабун рукIине ккела, дунялалъул бицунел рукIине бегьиларо.

Гьединго мухъал гьарун мажгиталда жанир ругел гIадамазул гарбалги мерхьунаго цебесеб мухъде вачIун, дагIбадун, гьенив гIодов чIарав чи нахъе вахъинеги гьавун, кватIунги вачIун, гьесул бакIалда гIодов чIезеги бегьиларо.

ГIадамаз как балелъул гьезда цевесан дове-гьаниве вилълъинеги бегьиларо, мажгиталда чороклъи гьабизеги бегьиларо. Мажгиталда жаниб даран-базар гьабизеги, билараб жо цIехезеги бегьиларо, гьедин гьабугейин абун бачIараб хIадис бугелъул.

Мажгиталдаса къватIиве лъугьунаго квегIаб хIетIеги цебе тIамун лъугьина, гьаб дугIаги цIалила: «Бисмиллагьи, вассалату вассаламу гIала расулиллагь. Аллагьумма инни асалука мин фазликал гIазими».

 

Жабир Мажидов

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....