Аслияб гьумералде

БачIине бугеб къо

БачIине бугеб къо

Бусурбабаз иман лъезе кколелдасан буго Къиямасеб къоялъ щибаб махлукъат Аллагьас ﷻ гIарасаталде бахъинабизе бугеблъиялда. Дунялалда нилъ руго заманалъ гIумру гьабизе риччараллъун.

 

Нилъер иманалъул аслияб магIнаялъул цояб ккола: «Инсан хвезе вуго дунялалда жинца гIумру гьабураб хIалалда ва Къиямасеб къоялъ гьединго вахъинавизеги вуго», - ян абурал рагIаби. Гьел рагIабаздаса гъваридаб магIнаги ккола нилъер дунялалда гIумруялъул рукIа-рахъин, божилъи гьабулеб рекIел чIей, гIамал-хасиятаз Къиямасеб къоялъ нилъер букIине бугеб хIакъикъат бихьизаби. Цинги гьелдаса босун, гIумру нухда тIами. Аварагас ﷺ мухIканго бицун буго гьелъул хIакъалъулъ.

Дунял тун индал инсанас байбихьула жиндир букIараб гIумруялдаса тIоцересел пихъал росизе. ХIадисазда бицунеб буго ритIухъав муъминчиясул хоб букIине бугин Алжаналъул ахазул ахлъун, жибги нуралъгун гIатIилъабаз цIураб. Мунагьал гьарурав гIаси-пасикъасул хоб букIине бугин жужахIалъул донкIабазул цояблъун, жиндилъ чиясе гIазаб-гIакъуба гьабиги байбихьараб. Гьенире хварасухъе рачIине руго Мункаргун Накир, гьез хварасе суалал кьун кIалгьикъиги гьабизе буго нужер БетIергьан щивин, дин кинабин, Аварагасул хIакъалъулъ щиб лъалебин абун. Гьезие жаваб гьаби бараб букIине буго пуланас гIумру гьабулеб букIараб куцалда.

Къиямасеб къоялъ, Аллагьасул ﷻ амруялдалъун, Исрафил малаикас кIиабизе Суралъубе пуйдал, киналго махлукъатал чIаго гьаризе руго. Гьелда тIадеги, инсан вахъинавизе вуго жиндир гIамалазул тIубараб хъвай-хъвагIайги цадахъ бачун. РитIухъал чагIазухъе гьел баянал кьезе руго кваранаб рахъалдасан, гьебги букIине буго муъминзабазе кIудияб рохеллъун ва хвасарлъи щвезе букIиналъе гIаламатлъун. Гьезие хIисаб гьабиги бигьалъизе буго. Цо-цоял абуни Алжаналде лъугьинарула кинабгIаги хIисаб гьабичIогоги.

Гьеб къоялъ, ракьалда чIухIараб, гIаси-пасикъаб гIумру гьабун хьвадарал чагIазе букIине буго хIинкъиялъул асар.  Гьел рачине руго МахIшаралде инжит гьарураллъун. Аварагас ﷺ абун буго: «ЧIухIарал гIадамал Къиямасеб къоялъ данде гьаризе руго гIисинал цIунцIраби гIадин, гьитIинал гIадамазул сураталда», - абун (АхIмад).

ХIакъаб жо, лъикIлъи гьабуразе кири щвела, квешлъи гьабуразе тамихI гьабила.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...