Аслияб гьумералде

ГIагарасдасаги гIагарав

ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.

 

Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин гьев ирсилавлъунцин гьавилин абун. ГьедигIанги кIвар кьола исламалъ мадугьаласул хIакъ цIуниялде.

Мадугьалзабиги руго лъабго батIиял: нилъеда тIад цо хIакъ бугев, бусурбанав гурев; нилъеда тIад кIиго хIакъ бугев бусурбанав; нилъеда тIад лъабго хIакъ бугев бусурбанав гIагарав мадугьал.

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Аллагьасдаги Къиямасеб къоялдаги божулев чияс мадугьал кIодо гьаве», - ян.

Гьединлъидал дуца мадугьаласе кинаб бугониги квешлъи гьабизе бегьуларо. Квешлъи гьабичIого тарабги гIоларо, гьес гьабураб квешлъи баччизеги ккола, гьес гьабураб квешлъи баччарабги гIоларо, гьесие лъикIлъи гьабулевлъунги вукIине ккола.

Ибну МукъфагIида рагIун буго мадугьалзабазул лъимал гIодулел. Гьел гIодулел рукIун руго, налъи бецIизе кIоларого, рукъ бичизе кколеб букIиналъ. Гьес, мадугьаласул налъи бецIун буго ва минаги бичизе ккун гьечIо.

Рокъор гIункIкIал гIемерлъаниги цояс рокъобе кету бачун гьечIо, гьелдаса хIинкъун гIункIкIал мадугьаласухъе тIурилин абун. Къокъго абуни, мадугьаласе саламги кьела, гьикъа-бакъиги гьабила, унтун вугони ваккизе ина, рохел-пашманлъи щвараб мехалъ аскIов чIела, гьесул цевесев чи хвани, тагIзияталде ун цадахъ чIела, жиндирго гордахъан яги азбаралъусан мадугьаласул азбаралде валагьиларо, гьесул руччабазухъ, ясазухъ балагьиларо, гIазу-цIад гIадал жалаздалъун гьесул рукъалъе зарал кколеб щибго жоги гьабиларо, гьесул гIайибал рахчила, лъималазе берцинаб мацI бицина.

Къокъго абуни, бусурбабазда аскIор цIунизе кколелщинал адабал кIиго нухалъ цIикIкIун, ракIбацIцIадго тIуразе ккола мадугьаласда аскIоб.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...