Аслияб гьумералде

Дунял

Дунял

Жакъа инсанасе рахIат босизе бокьарал нигIматал кьун руго Аллагьас ﷻ. Абизе бегьула, жакъа гIадин гьарзаго нигIматал киданиги рукIинчIин абунги. Дунял ва боцIи-мал буго цIикIкIанагIан инсанасул жиндехун рокьи цIикIкIунеб жо. Дунял-ахират цадахъ рекъон бачине цIакъ захIматаб жоги буго. Цоялде цIикIкIун гьетIидал, цогидаб нахъе ккола.

 

Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Дунял жиндир аслияб кIварлъун бугесе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ факъру гьабила гьесул беразда цебе. Гьесул хIалтIи-пишаги Аллагьас ﷻ бикьа-бихизабула ва Аллагьас ﷻ хъвараб гурони дунялалъул гьесиеги щвезе гьечIо», - ян. (Тирмизи)

Дунялалда хадур лъугьунаго нилъеда кIочон батула инсанасул бугеб хIакъикъияб мурад. БоцIи-мал цIикIкIиндал инсан разиго вукIуна ва гьеб тIаса иналдалъун пашманлъула. Амма диналъулъ загIиплъи кигIан кканиги ургъелцин гьабуларо. Гьединасда абула дунялалъ мехтарав чийиланги. Гьесул мехтелги, гьекъолдухъанасул мехтелалдаса, гучаб букIуна. Гьекъарав чи радал вахъиналде вигьаниги, дунялалъухъ рокьи ккарав, къанада хIарщ речIчIидал гурони вигьунаро.

ЯхIя ибн МугIазица абуна: «Дунял буго шайтIаналъул гьекъолеб жо. Гьелъ мехтарав чи, хваразул бода гъорлъ, чIорого хутIиялъ пашманго гурони вигьунаро», - ян.

Гьединав чи киданиги дунялалъул боцIи-малалдалъун гIорцIуларо. Аллагьас ﷻ гьесул беразда цебе лъураб мискинлъиялъ гьев кидаго хъантIун, дунял гьабизе вортанхъулев вукIуна.

ГIумру буго бер къапилалде тIаса унеб жо. Ахиратги чIунтизе тун дунял тIаса бищараздехун ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна (магIна): «Дир Къуръаналда ва цогидал тІахьазда гІамал гьабиялдаса жив вуссарав чиясе дунялалъул рокъоб цІакъ захІматаб яшав букІине буго, гьев бечедав вугониги. Лъимал-хъизан гІемерав вугониги жиндие хІалхьи, рекІелгъей гьечІеб яшавалда вукIине вуго. Къиямасеб къоялъ Дица гьев тІаде вахъинавула беццавлъун», - ян. (Сурату «ТIагьа», аят 128)

ТІадегІанав Аллагьас ﷻ иман лъеялда жаниб гьабун буго, дагьаб бугониги, дунялалъул боцIи гІуравлъун вукІин, жинда тІаде щиб къварилъи бачІаниги гьеб Аллагьасул рахъалдасан букIин лъан, Аллагьасе мутІигІлъи. РакI гІодобе биччан вукІин, хIукму гьабураб лъугьунеблъи, жиндие хъвараб ризкъи жиндаса борчІулареблъи лъан. Жиндие кьураб жоялда разилъиги букІуна имангун цадахъ, хадусеб ишалъулъ Аллагьасде ﷻ  таваккал тІамиги букІуна.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Нахъе тана гIелму

НасихIат босизе лъани, гIемерал пайдаби щола. ГIалимзабаз нилъее гIемераб хазинаги нахъе тана. ХIадисалда буго: «ГIалимзаби руго аварагзабазул ирсилал», - абун. Аварагзабаз жидедаса хадуб гIелму гурони щибго жо течIо, гьединго гIалимзабазги течIо гIелму гурони, хIатта гIумру кьуна...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...