Аслияб гьумералде

ХъахIал къоял

ХъахIал къоял

ХъахIал къоял

Аварагасул ﷺ суннаталдасан ккола лъагIалида жаниб хасал къояз суннатал кIалал кквей. Гьездасан ккола шаввалалъул 6 къо, щибаб итни-хамиз, щибаб моцIрол лъабго къо. Гьел къоязда абула «ХъахIал къоялиланги».

 

Бичасул Расулас ﷺ тIубараб гIумруялъ гьел къояз кIалал ккуна ва жиндирго умматги гьелде ахIана. Аварагас ﷺ бицун нилъеда лъала суннатал кIалазул къимат ва гьезухъ щолеб ажру-кири Аллагьасда ﷻ гурони лъаларо. Суннатал кIалазухъ жазаъ гьабизе Гьес ﷻ Жинцаго тIаде босана.

Хирияв Аварагас ﷺ абуна: «ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ нухда цо кIал ккурав чиясул гьумер жужахIалъул цIаялдаса 70 соналъул нухлул манзилалъ рикIкIад гьабула», - ян. (Муслим, ибну Мажагь)

Цогидаб хIадисалда буго: «Щибаб моцIрол лъабго къоялъ кIал кквей, лъагIалица кIал кквеялда бащалъула. Гьелги ккола моцI бащалъиялъул лъабго къо», - ян. (Насаи)

«ХъахIал къоязул» баян гьабун хирияв Аварагас ﷺ абуна гьел щибаб моцIрол бакьулъ ругел къоял кколин абун. «ХъахIал къоялин» цIар теялъе гIиллаги ккана, гьеб гIужалъ моцI цIураб, гвангъун канлъи кьолеблъун букIиналъ. Гьелги ккола 13,14,15 моцIролаб календаралъул къоял.

Хирияв Аварагасул ﷺ гIемерал хIадисал рачIана гьел къояз асхIабзаби кIалал кквезе ахIулел. Абу Заридасан бицана: «Бичасул Расулас ﷺ нижее буюрухъ гьабулаан щибаб моцIрол лъабго къоялъ кIалал кквезе, гьелги 13,14,15 къоял», - абун. (Тирмизи, Насаи)

Пуланав асхIабас ГIали-асхIабасда цIехана: «Щай щибаб моцIрол 13,14,15 къоязда «ХъахIал къоял» абун цIар тараб?» - ян. ГIали-асхIабас абуна: «ТIадегIанав Аллагьас Адам авараг Алжаналъуса ракьалде рехидал, гьесул тIом бакъул бухIиялъ чIегIеркьераб лъугьана. Гьелдаса хадуб гьесухъе ЖабрагIил малаик вачIана ва абуна: «Ле, Адам, дуе бокьилищ дур тIом букIараб хIалалъ хъахIаблъун лъугьине?» - абун. Бокьилин жаваб гьабидал, ЖабрагIил малаикас хадубги абуна: «Гьаб моцIрол 13,14,15 къояз кIалал кквей дуца», - ян.

Адам аварагас кIалал кквезе байбихьана. ТIоцебесеб къоялъ кIал кквейдал гьесул тIом дагьаб хъахIлъана, кIиабилеб кIал кквейдал жеги хъахIлъана ва лъабабилеб кIал кквейдал тIубанго, ай букIараб хIалалъ хъахIлъун бачIана. Гьеб лъугьа-бахъин сабаблъун гьел къоязда «ХъахIал къоял» абун цIар танин абулел гIалимзабиги руго.

Аллагьасда ﷻ лъикI лъала.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...