Аслияб гьумералде

Хварал махIрум гьаруге!

Хварал махIрум гьаруге!

Хвараздасан Къуръан цIали ккола аварагасул ﷺ суннаталдасан. Гьелда инкар гьабиги бидгIа ккола. ГIарабазул цо-цо бакIазда гIадат рагIула чи хведал гьесул агьлу-хъизан, мадугьалзаби ва гьесдехун рокьи бугел гIадамал гьесдасан Къуръан цIалун бахъинабизе данде ракIарулел. РакIараразда гьоркьоб Къуръаналъул жузабиги рикьун, цоцазе квалквал гьабичIого, щивас жиндиего цIалулеб.

ЦIалун бахъиндал, гьелъул кири хварасул рухIалъеги кьун, дугIаялдалъун лъугIизабулеб. Гьединаб данделъиялъул хиралъабаздасан ккола, масала, исламалъ нилъ кидаго ахIулеб ва шаргIалъ амру гьабулеб Аллагьасукьа ﷻ хIинкъиялъукь ва лъикIлъи гьабиялъе бусурбабаз цоцазе кумек гьаби, Къуръан цIалиялъулъ данделъи, Къуръан цIалулесе ва хварасе мунпагIат щвей. Гьединго, хиралъабаздасан ккола Къуръан лъугIизабидал гIахьаллъарал кваназари ва мискин-пакъиразе садакъа кьей.

Амма камуларо гьеб иш аварагасул ﷺ заманалда букIинчIеб бидгIа бугин абулелги. Аварагасул ﷺ суннаталда ва Къуръаналда гьедин гьечIиланги абула гьез. Амма гьеб гьереси буго. Къуръан цIалеян мутIлакъаб амру бачIана Къуръаналда ва аварагасул ﷺ суннаталда. МутIлакъаб амруялъ нилъ рачуна Къуръан цIалиялъе хасаб бакI, заман, хIал ялъуни цо хасав чияс гьеб цIализе ккей гьечIолъиялде. Гьелда бан Къуръан хвараздасан цIализе бегьула. БатIалъи гьечIо тIубараб Къуръан яги гьелъул цо бутIа цIаланиги, инсан хвезегIан ялъуни хун хадув цIаланиги, данде ракIарун цIаланиги ва гIицIго цо чияс цIаланиги. Ибну ГIумаридасан бицана аварагас ﷺ абулеб рагIанин: «Нужер цонигияв хведал, нахъбахъичIого гьев вукъизе гIедегIе. Хабалъ лъедал, гьесул ботIрода аскIоб ФатихIатул китаб (АлхIам) ва хIатIазда аскIоб суратул Бакъараталъул ахир цIале», - ян. (Байгьакъи, ТIабарани)

Цоги хIадисалда аварагас ﷺ абуна: «Нужер хваразда тIад сурату «Ясин» цIале», - ян. (АхIмад, Абу Давуд, Ибну Мажагь)

ХабатIа Къуръан цIализе бегьиялъе имам ХатIабияс далиллъун бачана аварагасул ﷺ хIадис. Жидее гIазаб гьабулеб бугеб кIиго хабада тIад чамасдакалъул гIаркьелги къазабун, аварагас ﷺ абуна: «Хьул буго гьаб кIиябго гIаркьел бакъвазегIан гьезие бигьалъи букIине бугин», - абун. Гьаб хIадисалъе баян гьабун «ГIумдатул Къариъ» абураб тIехьалда ГIайнияс абуна: «ГIазизаб Къуръан хабада цIалиялъе далил буго гьеб хIадисалъулъ. ГIаркьелалъул тасбихIалдалъун хварасе бигьалъи букIиналде хьул бугеб мехалъ, багьа тIокIаб Къуръан цIалиялдалъун хварасе бигьалъи букIиналда жеги цIикIкIун хьул буго.

хабада къуръан цIали зиярат гьабулесул рахъалдасан хварасе сайгъат буго

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...