Аслияб гьумералде

Дудего буссуна

Дудего буссуна

Дудего буссуна

Нилъедехун Аллагьасул ﷻ бугеб рахIму-цIоб гIурхъи гьечIеб буго. Гьелъие Къуръан-хIадисалда гIемерал баяналги рехсон руго. Щивав чияс гьарулел гIадатиял ишалгицин руго Аллагьас ﷻ кири кьолеллъун. Диналъул вацасдехун вуссун гьабураб гьимигицин садакъа бугин абураб хIадисги нилъеда лъала.

 

ГIубадат ибну Самитидаса бицараб хIадисалда буго: «Бусурбабазул мунагьал чуреян гьарарасе Аллагьас ﷻ хъвазе буго гьезул щивав чи рикIкIун лъикIлъи», - ян (ТIабарани).

Гьеб хIадисалъе баян гьабулаго, «Файзул къадир» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Мунагьал чуреян гьаризе бегьула бокьараб къагIидаялда ва рагIабаздалъун», - ян. Гьелдаса босун, бокьараб хIалалда вукIаго муъминчияс абуни: «Я Аллагь ﷻ! Дунялалда ругел бусурбабазул мунагьал чуре», - абун, рес буго БетIергьанас ﷻ гьебсагIаталда ракьалда ругел бусурбабазул гIадад рикIкIун лъикIлъи хъвазе.

Гьединго, гьеб гьари гьабиялдалъун муъминчи ккезехъин вуго жиндир диналъул вацал-яцазе балъго дугIа гьабуравлъун. Гьебги Аллагьасда ﷻ аскIоб кIудияб иш ккола. Гьедин гьабураб дугIаги ТIадегIанас ﷻ нахъчIваларо. Гьелъие хIужалъун буго Аллагь ﷻ разилъаяй Умму Дардаидаса бицараб хIадис: «Бусурбанчияс диналъул вацасе, гьев гьечIеб бакIалда гьабураб дугIа, жаваб щолеблъун буго. Щайин абуни, гьесул бетIералда аскIов вуго вакил гьавун тарав малаик. Гьес диналъул вацасе лъикIалдалъун дугIа гьабунщинахъе, малаикас абула: «Амин, дуеги буго гьесие гьараралда релълъараб», - ян (Муслим).

Цоги, Аварагас ﷺ абунин ГIабдуллагь ибну ГIумаридасан бицун буго: «Жаваб щвеялъул рахъалъ бищун хехаб, аскIов гьечIев чиясе гьабураб дугIа буго», - ян (Бухари).

Диналъул вацал-яцазе дугIа гьабиялде нилъ Аллагьасги ﷻ гьесизарулел руго. Къуръаналда буго (магIна): «Дуца дурго мунагьал чури тIалаб гьабе (МухIаммад ﷺ), гьединго (мунагьал чури тIалаб гьабе) муъминзабазулги муъминатазулги», - ян. Аварагасде ﷺ хитIаб гьабурал ругониги, гьал рагIаби руго умматалде ахIи бараллъун. Щайин абуни, Авараг ﷺ вугелъул мунагьалде ккеялдаса вацIцIадавлъун.

Я нижер Аллагь ﷻ! Дунялалда ругелщинал бусурбабазул Дуца мунагьал чуре, гьезул гьабулелъулъ ккараб кIарчанлъи тIаса лъугьун те, рагъ-кьал, балагь тIаса босе, рахIматал цIикIкIинаре. Квешалдаса рикIкIад гьарун, Мун разияб гIамалалъе тавпикъги кье! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса ﷺ мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде ﷻ гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас ﷺ нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул...


Кванил адабал

Кваназе байбихьилалде цин кверал чурила, гьелъ кванида баракат лъола, цинги «Бисмила» бахъила ва абила: «Аллагьумма барик лана фима разакътана ва къина гIазаба ннари», - абун. Кваналев чиясул ниятги букIина диналъе къуват бачIинеян абураб. Гьединаб ниятгун кванани, квенги...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...