Аслияб гьумералде

Эмен – лъимадуе шайих

Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.

 

Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса бачIараб хIадисалда буго: «Аллагьасул ﷻ разилъи инсул разилъиялъулъ буго», - абун (Бухари). Гьелъ, инсудехун бугеб адаб-хIурматалъ ва мутIигIлъиялъ кIудияб асар гьабула муъминчиясул рухIияб даражаялъе.

Эмен вуго дунял-ахираталда Аллагьасда ﷻ цевеги лъимал-хъизаналъул жавабчилъи кьезе кколев чи. Къуръаналда буго (магIна): «Ва нужгоги нужерго агьлуги цIаялдаса цIуне…», - абун (сурату «Ат-ТахIрим», 6 аят). Аварагас ﷺ абун буго: «Лъимадуе берцинаб тарбия кьеялдаса лъикIаб жо инсуца гьезие кьезе гьечIо», - ян (Тирмизи). Гьедин тарбия кьей ккола инсул Аллагьасда ﷻ цебе бугеб кIудияб жавабчилъи.

Эмен вуго лъимадуе бищунго цевесев рухIияв насихIатчиги шайихги. Имам Гъазалияс рехсолеб буго инсуца лъимадул гIакълу гуребги рухIги рахъги битIараб рекIелчIейгун куцалин абун. Гьаниб тарбия кьеялъул магIна бичIчIула гIадатияб лъай кьей хIисабалда гуребги, иманалъул чIагояб хIалбихьиялъул гьелъул жанисеб аслу хIисабалдаги. Эмен вугелъул, щибго жо лъалареблъун букIараб лъимер дагь-дагьккун гьеб гIакълуялде, лъаялде, рухIияб камиллъиялде бачунев чи.

Лъимадуе рухIияв цевехъанлъун вукIине ккани, инсуца гьабизе ккола:

- Къуръан цIали ва иманалъул аслаби гIадал ишал гьезда малъи.

- Мисалалдалъун нух бихьизаби. Лъималаз рагIабаздалъун бицаралдалъун гуреб, цIикIкIун гьабула бихьараб.

- Рокъоб, лъадулгун берцинаб гьоркьоблъиялда гIумру гьаби.

- ЖамгIияб жавабчилъи цебетIезаби. Цогидаздехун гурхIел-рахIму, ритIухълъи гIадал гIамалал малъи.

Лъимадуе эменлъун вукIин бигьаяб иш гуро. Амма берцинаб хьвада-чIвадиялъул гIамал цIунун гIумруялъул нух бачин буго инсуе халифалъи гьаби гIадаб жо. Аварагас ﷺ абун буго: «Нужер бищун лъикIав вуго жиндирго агьлуялъе бищунго лъикIав», - ян (Тирмизи).

Аллагьас ﷻ нилъер лъимал диналъул нух ккураллъун рахъаги! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...