Аслияб гьумералде

Хассаб моцI

Хассаб моцI

РабигIул аввал ккола исламияб календаралда хасал моцIазул цояб. Гьеб моцIалъ гьавуна ахирисев авараг МухIаммад ﷺ.  Гьедин байбихьана цIияб заман: гIасрабазул бецIлъиялда ва жагьиллъиялда хадуб канлъиялъул, лъаялъул ва гурхIел-рахIмуялъул.

 

Авараг ﷺ гьавуна Маккаялда, пилалъул соналъул итни къоялъ, рабигIул аввалалъул 12-абилелъ. Бусурбабазе гьеб къо ккола цIияб заман байбихьараблъи ракIалде щвезабулеб гIаламатлъун. Гьев гьавиялдалъун Аллагьас жамгIияталъе кьуна жиндалъун аварагзабазул силсила рагIалде бахъарав ва вахIю камиллъарав чи.

ГIасрабазда жаниб дунялалъул бусурбабазул жамагIатал данделъула РабигIул аввал моцIалъул къояз, Аварагасул ﷺ гIумру ва гIамал ракIалде щвезабизе. Гьединал данделъабазда гьев ﷺ гьавиялъул ва гьесул гIумруялъулﷺ бицун ахIула мавлидал. Мавлидал ахIун Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ бициналъ ракIал гьесдехун рокьиялъул цIола ва гьесул мисалалдалъун бусурбабазул бухьен щула гьабула. Гьеб ккола гIицIго гIадат гуреб, Аллагьасул Расуласул ﷺ кIодолъи лъикI бичIчIизе ва лъазе кумек гьабулеб кIвар бугеб рухIияб тарбия.

Мавлид кколаро гIицIго рагIаби ва бакънал. Гьеб ккола нилъее нухмалъулев ва насихIатчи витIарав ТIадегIанав Аллагьасе ﷻ баркала загьир гьаби. Сирра цIализе бусурбаби данделъараб мехалъ, гьез гIун бачIунеб гIелалъухъе кьола Авараг ﷺ кинав чи вукIаравали лъай: гьесул ритIухълъи, хIалимлъи, гIадамаздехун гурхIел-рахIму ва мадугьалзабазул букIараб ургъелгун адаб. Гьединал данделъабаздалъун иман цIилъула, ракIал тIеренлъула ва рацIцIалъула.

РабигIул аввал ккола гIумруялда жаниб кигIан нилъ Аварагасул ﷺ нухдасан унел ругелали пикру гьабизе рес кьолеб мех. Гьесдехун бугеб рокьи цохIо рагIудалъун букIунаро, гьеб загьирлъула гIамал гьабиялдалъун. Суннаталда нахърилълъин ккола ритIухъавлъун вукIин, загIипасда гурхIел гьаби, эбел-инсуе кумек гьаби, мадугьалзабазе квербакъи, цогидазе мисалиявлъун вукIин. Гьедин малъана Аварагас ﷺ жиндирго умматалда. Гьеле гьеб хIалалда бихьизабизе бегьула нилъеца гьесде бугеб ракIбацIцIадаб рокьи.

РабигIул аввал букIаги нилъее канлъиялъул ва рахIмуялъул моцIлъун, нилъер ракIал Авараг ﷺ вокьиялъ цIун, ишаз гьеб рокьи тасдикъ гьабулеб. Нилъер гIибадат цIикIкIинабулеб, Аллагьасул ﷻ Расуласде ﷺ салават цIикIкIун битIулеб, щибаб ахIвал-хIалалда гьесул гIумру нилъее мисалияблъун батаги. Амин!

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...