Рокьоялъул манзил
ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим ибну ХIажарица «ТухIфат» абураб тIехьалда хъван буго: «ЖамагIат гьабун как балел чагIазе суннатаб буго кьерал хурхинарун, цоцада гьоркьоб бакI течIого чIезе. Гьеб суннатги хIасуллъула тIаде вачIарав чи аскIор ругезе щибго захIмалъи гьабичIого гьоркьове лъугьине гIураб манзил гьезда гьоркьоб батичIони».
Гьединго имам Гъазалияс «ИхIяъ» абураб тIехьалда хъван буго: «ЖамагIат гьабун как балелъул, как бухьиналде цебе, имамас кваранаб, квегIаб рахъалде вуссун кьерал ритIун ругищали балагьила, гьоркьоб бакI тун батани, гьеб тогейилан амру гьабила. Цере рукIарал гъуждулги хIатIихинкIалги цоцазда дандцвизарун чIолел рукIана», - ян.
Имам Муртаза Забидияс гьелъие баян кьолаго «ИтхIаф» абураб «ИхIяъалда» тIад гьабураб тIехьалда хъвана: «Гьедин цун чIезе суннатаб буго аскIов вугесе кинаб бугониги зарал гьабулеб батичIони, батани - суннатаб гьечIо», - ян.
Хадубги ибну ХIажарица хъван буго: «Какилъ вахъун чIарав чиясе суннатаб буго кIиялго хIатIазда гьоркьоб рокьобалъул манзил (20-25 см.) тезе, Ардабилияс «Анвар» абураб жиндирго тIехьалда хъваралъул хилафалда. Гьес абуна ункъо килищалъул манзил телилан».
Рамазан БутIияс абуна: «Дун валагьана ункъабго мазгьабалъул гIалимзабазул тIахьазде ва гьединго хIадисалъул тIахьаздеги, дида гьениб батичIо натIалдаса цIикIкIун гьоркьоб тезе бегьулин цониги гIалимасул рагIи яги цониги хIадис», - ян.
Дунялалдаго цIар рагIарав хIадис гIелмуялъул гIалим Нуруддин ГIитрица «ИгIламул Анам» абун ибну ХIажар ГIаскъаланиясул «Булугъул Марам» абураб тIехьалда тIад гьабураб шархIалда хъван буго: «Аварагасдасан ﷺ хIатIал дандцвизариялъул хIакъалъулъ щибго жо бачIинчIо. Гьеб бачIана асхIабзабаздасан, Аварагас ﷺ кьерал цоцазда гьоркьоб бакIги течIого, гъуждулги дандритIизарун, гъункун чIаян абидал, гьез гъуждулги, накабиги, хIатIихинкIалги дандцвизарулел рукIанин. Гьелдаса босун, жакъасеб къоялъ цо-цо диналъул вацаз аслияб кIвар хIатIихинкIал дандцвизариялде кьолеб буго ва гьеб хIасуллъизе какилъ тIирхъунцин чIола. Амма асхIабзабаз гьабуралъ гьал диналъул вацаз гьабулеб кьоларо. Щайгурелъул, баянаб жо буго асхIабзаби гIемер хIалтIулел, дагь кваналел чагIи рукIараблъи ва гьезул хIатIал, гIемерисеб мехалъ, гъуждул дандцвизаридал гьадингоги дандцвий кколеб букIараблъи ва гьез хIатIал дандцвизариялде аслияб кIвар кьолеб букIинчIеблъи. Гьединго гъуждулги, накабиги, хIатIихинкIалги дандцвизарун чIей цIакъ захIматаб жо буго ва гьедин чIезе лъугьиналъ как балесе квалквал гьабула, гьесул какил хIузур, хушугI хвезе гьабула», - ян.
ПалхIасил, жамагIаталъул кири щвезе ккани, как балезул цониги лага цоцазда цвий шартI гьечIо ва тIаде вачIарав чи, гьел цоцаде аскIорегIан къайдал, лъиего квалквал гьабичIого, эркенго гьоркьове лъугьун бажарулеб хIалалъ чIун ратичIони, гьезие жамагIаталъул кири щола.