Аслияб гьумералде

Кьижизеги лъай

Кьижизеги лъай

Исламалъ кIудияб кIвар кьола гIумруялъул щибаб лахIзаталда Аллагь ﷻ ракIалде щвезавиялде. МухIаммад аварагас ﷺ нилъее тун руго гьел лахIзатаздаги гьаризе лъикIал дугIаби. Гьел дугIабаз ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бухьен щула гьаби гуребги, инсан квешаб макьидасаги цIунула.

 

Макьидаса ворчIидал цIалила:

“الحَمْدُ لِلَّهِ الذي أحْيَانَا بَعْدَ ما أمَاتَنَا وإلَيْهِ النُّشُورُ”

 

МагIна: «Ниж хун хадуб чIаго гьавурав Аллагьасе ﷻ рецц буго, гьесде буго хваралъуса руссинги».

ГIумруялъулъ ва хвалилъ битIккеялъул дугIа:

“اللَّهُمَّ أحْيِنِي ما كانَتِ الحَياةُ خَيْرًا لِي، وتَوَفَّنِي إذا كانَتِ الوَفاةُ خَيْرًا لِي”

 

МагIна: «Я Аллагь, дие гIумру лъикI батани, гIумру кье, хвел лъикI батани, хIалхьи кье».

РухI тIадбуссинабиялъухъ баркалаялъул дугIа:

“الحمدُ لله الذي رَدَّ عليَّ رُوحي وعافاني في جسدي، وأذن لي بذِكره”

МагIна: «Аллагьасе рецц буго дир рухI диде буссинабурав, дир черх сах гьабурав, жив ракIалде щвезавизе рес кьурав».

Макьидаса хIинкъун ворчIидал цIалулел дугIаби:

“أعوذُ بِكلِماتِ اللَّهِ التامَّةِ من غضبِهِ وعقابِهِ وشرِّ عبادِهِ ومن همزاتِ الشَّياطينِ وأن يحضُرونِ

 

МагIна: «Дица Аллагьасдалъун ﷻ цIуни гьарула Аллагьасул ﷻ камилал рагIабаздалъун Гьесул ﷻ цциналдаса ва тамихIалдаса, Гьесул ﷻ лагъзадерил квешлъиялдаса ва шайтIабазул ишаздаса, гьел дихъе рачIинчIого рукIине».

Цоги дугIа:

“اللهم إني أعوذ بك من كل سوء”

 

МагIна: «Я дир Аллагь ﷻ, дица цIуни гьарула кинабниги квешлъиялдаса».

Кьижизе рахунаго суратул «Ихлас» (Къулгьу) ва кIиябго къулагIузаби цIализеги суннатаб буго.

Кьижилалде цебе цIалулеб дугIа:

“سُبْحَانَكَ اللَّهُمَّ رَبِّي بكَ وَضَعْتُ جَنْبِي، وَبِكَ أَرْفَعُهُ، إنْ أَمْسَكْتَ نَفْسِي، فَاغْفِرْ لَهَا، وإنْ أَرْسَلْتَهَا فَاحْفَظْهَا بما تَحْفَظُ به عِبَادَكَ الصَّالِحِينَ”

 

МагIна: «ТIадегIанав вуго дир Аллагь ﷻ, дир БетIергьан. Дудалъун хьибил гIодоб лъола, Дудалъун дун тIадеги вахъуна. Дуца ﷻ дир напс ккун батани, Мун ﷻ гьелда тIаса лъугьа. Дуца гьеб биччан тани, цинги гьеб цIуне Дурго ﷻ ритIухъал лагъзал цIунулеб жоялдалъун».

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъер дугIа къабул гьабеги. Амин!

 

Жабир Мажидов

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


КIудиял мунагьал

МацIихъанлъи гьаби ккола цо чияс абураб жо цогидасда бицин, гьелъ жинда бицарав чиясул жиндаса бицарав чиясдехун дагьабниги рокьукълъи, ракIхвей бижизабулеб бугони. Къуръаналда мацIихъан какун вуго. ХIадисалдаги буго мацIихъан Алжаналде лъугьинарин абун.   Гьел ккола Аллагьасул бищун ццим...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...


Бусурбабазул тарихчи ва географ

ГIизудин ибну Шаддад ХӀалаби гьавуна Сириялъул ХIалеппоялда бугеб ХӀалаб шагьаралда, 1217 соналъул лъабабилеб зулхӀижа моцIалъ, гьижрияб 613 соналда. Тарихалъул ва географиялъул рахъалъ жиндирго хIалтIабазул кумекалдалъун ибну Шаддад вахъана жиндир гIасруялъул машгьурал тарихчагӀазул...


Ахиралде щвана

Баракатаб РабигӀул аввал моцӀ ахиралде щвана. Гьаб моцӀги Авараг ﷺ гьавураб къоги, цогидал моцӀал гӀадин нилъеца тӀобитӀичIо. Цогидаб заманалде ккун гьаб моцIалъ чияс дагьаб бугониги цӀалун батани Аварагасул ﷺ хӀакъалъулъ, абизе бегьула гьес хайир босанин.   ГӀумруялъ гьесул хӀакъалъулъ цӀаланиги...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...