Аслияб гьумералде

Ахиралда рещтIраб аят

Ахиралда рещтIраб аят

ХIираалъул нохъода халваталдаги чIун, Аллагьасе ﷻ гIибадат гьабулев вукIана Авараг ﷺ. Заманалдасан нохъо гвангъун бачIуна ва ЖабрагӀил малаик вачIуна Аваргасухъе ﷺ вахIюги босун. Гьеб букIана Къуръаналъул тIоцебесеб аят, «ЦӀале» абураб.

 

 

Гьедин байбихьана 23 соналъ Къуръан рещтIине. Гьеб тарихги бикьула кӀийиде: Маккаялъулалде ва Мадинаялъулалде. Маккаялда рещтIарал сурабазда абула Маккаялъулин абун. Мадинаялда рещтIаразда - Мадинаялъулин.

Къуръаналъул цо-цо аятал рещтӀана хасал лъугьа-бахъиназда рекъон. ГӀемерисел - хасал лъугьа-бахъиназда мугъчӀвай гьабичӀого.

63 сонил ригьалде вахунелъул Аварагасухъе ﷺ аятал дагь гурони рещтӀунел рукIинчIо. Гьелъул магIна букIана авараглъиялъул гIуж дагь-дагьккун рагӀалде щолеб бугин ва исламалъул ахIкамал тIуранин абураб. Гьелъул хIакъалъулъ Аварагасги ﷺ лъазабуна ахирисеб хӀежалда, дунялалдаса ине заман гIагарлъулеб букIинги загьир гьабун. Аятги рещтIуна дин камил гьабунин абураб магIнаялъул.

Амма гьеб Къуръаналъул ахирисеб аятлъун ккечIо. Масала, Къуръаналъул гIемерисел тафсирчагӀаз рикӀкӀуна «Аль-Бакъара» сураталъул 281-абилеб аят Къуръаналъул ахирисеблъун.

Къуръаналда абуна (магIна): «Нуж нужерго БетӀергьанасухъе руссинарулеб къоялъул (Къиямасеб къо) гӀазабалдаса цIуне. Гьеб мехалъ щибаб рухӀалъе жинцаго гьабураб щибаб жоялъухъ тӀубанго жазаъ гьабила, гьезие зулму яги зарал гьабизе гьечIо». (Сура «Бакъара», 281 аят).

Гьеб аяталъ гъорлъе бачуна исламалъул кинабго, ай гьеб ккола гьелъул аслу ва ракӀ. ТӀоцебесеб иргаялда, ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ нилъ ахӀулел руго Къиямасеб къо кIочон течIого букIиналде. Гьеб чара гьечIого бачIине бугелъул.

ГӀемерисел гIалимзабаз рикӀкӀуна аяталда рехсараб къо Къиямасеб къо бугиланги. Амма цо-цо гIалимзабаз абула гьеб Къиямасеб къо гурин, хвалил къо бугин абун. Кин батаниги, инсанасул хвел ккола Къиямасеб къоялде нилъ рачунеб тӀоцебесеб каву.

 

Шамил МухIаммадов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


БоцIи-мал хвезабичIого щолеб садакъа

Бечедал чагӀаз садакъаги кьун, Аллагьасул нухда жидерго боцӀи харж гьабулеб бихьараб мехалъ, гьединаб рес гьечӀезул гӀарз букӀуна бечедал чагӀазе кинабго кири щолин, жидее щибго хутӀуларин абун.   Гьединалго хабарал асхӀаб-забазда гьоркьорги раккана Аварагасул ﷺ заманалдаги. Гьединал...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...