Аслияб гьумералде

Рияъ

Рияъ

ХIасадалда хадуб бищун квешаб рекIел унтилъун рияъ рикIкIуна. Гьебги ккола Аллагьасе ﷻ гуреб, гIадамазе гIоло цо пиша гьаби, ай гьезда живго лъикIавлъун, берцинавлъун, диниявлъун вихьиялъул мурадалда. Рияалда абула «Ширкул асгъар», ай гьитIинаб, балъгояб ширкилан.

Масала, рокъоб хехго балеб как, мажгиталде щведал, сверухъ гIадамал рихьидал байбихьула берцинго базе. Гьебги гIадамазда ракIалде ккезе гьав пуланав чи кутакалда динияв, берцинго как балев, Аллагьасукьа ﷻ хIинкъарав лагъ вугин абун. Гьеб буго цо мисал, амма рияъ инсанасул бокьараб гIамалалда хурхине рес буго. Рияалдаса цIунарав чи гьечIо. Нилъерго халгьабидал гьабулеб гIибадат-гIамалги, цIалулеб гIелмуги, гьабулеб лъикIаб гIамалги гIемерисеб батула гIадамазда лъикIавлъун вихьиялъе гIоло. Аллагьас ﷻ цIунаги!

Бичасул Расулас ﷺ абуна: «Къиямасеб къоялъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ шагьидасде хитIаб гьабун абула: «Мун жужахIалъуве а», - йилан. Шагьидас абула: «Я дир Аллагь ﷻ, Дуца бихьизабураб нух цIунулаго диналъе гIоло гурищ дица рухI кьураб?» - илан. Цинги Аллагьас ﷻ жаваб гьабула: «Бихьинчилъи бихьизабун цIакъ яхI бахъана дуца гIадамаз бахIарчи вугилан абизе. Дуе гьеб щвана, амма Дихъан дуе щибго гьечIо», - ян. Халгьабе, Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун вагъарав шагьидасулцин гьеб хIал батидал, загIипал нилъер ракIазул щибха букIинеб?

Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «Жиндие бокьун щив чи вугониги БетIергьан Аллагьасда ﷻ берцинаб дандчIвай гьабизе, Аллагь ﷻ разилъи ва Гьесул нигIматазул алжанал щвезе, гьев чияс шаргIалда рекъон лъикIаб гIамал гьабе! Аллагьасул парз тIубай, аварагасул суннаталда нахъвилълъа, Аллагьас ﷻ хIалал гьабураб хIалал гьабе, Гьес ﷻ хIарам гьабураб хIарам гьабе. Аллагьасул амру-нагью тIубай. Жиндир БетIергьанасе ﷻ гьабулеб гIибадаталъулъ щибго жоги гIахьал гьабуге», - ян. (Суратул «Кагьф», аят 110)

Гьаб кIиго кIудияб рукну буго нилъеца гьабулеб гIамал Аллагьас ﷻ къабул гьабизе ва ахираталда ажру-кири букIине ккани Аллагьасул ﷻ шаргIалда рекъон гIамал гьаби ва гьесие гурони гIибадат гьабунгутIи, гIибадаталъулъ щибго жо гIахьал гьабунгутIи.

ГIубадат ибн СамгIатица бицана аварагас ﷺ абунин: «Рихьдае гIоло как балев ялъуни кIалал кколев чи ккола жиндир гIибадаталъулъ ширк бугев чи», - ян. Цинги аварагас ﷺ цебе рехсараб аят цIалана.

Цогидаб хIадисалда буго: «Рихьдае гIоло гIибадат гьабулесе алжан хIарамаб буго», - ян.

 

Жабир Мажидов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...