Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Хвалил унтулъ вугесде хвел тIаде щведал, аскIов вугес щиб гьабизе кколеб?

Хвалил унти чIван щив чи вугониги, гьесул агьлуялъе ва гIагарлъиялъе суннатаб буго гьев гьумералдалъун къиблаялдехун вуссинавизе, кваранаб хьибилалда вегизавизе. Гьедин захIмалъани, къиблаялдехун кIиябго гъоркьа хIетIеги гьумерги буссун кколеб куцалда вегизавила.

Гьединго суннатаб буго аскIов вугес гьесда рагIуледухъ шагьадат битIун, зикру бачун, гьелдалъун амру гьабун, гьесда малъизе шагьадат битIизе кколеблъи. Муслимица бицараб хIадисалда буго: «Нужеца нужер холезда рекIелъе рехизабе жиндие лагълъи гьабизе кколеб жо щибго гьечIо Аллагь ﷻ гурони абурал рагIаби», - ян.

Жеги суннатаб буго гьесда аскIоб сурату «Ясин» цIализе. Абу-Давудица бицараб хIадисалда буго: «Нужеца нужер холезда аскIоб «Ясин» цIале», - ян. Гьесул рухI босидал, кIиябго бер данде инабила. КIал рагьун бугони, чIандираби сундалъун ругониги рухьун, къан чIезарила. Рищалаби тамах гьарун, щибаб жинди-жиндир бакIалде бачIинабила. ТIадагьаб ретIелалдалъун тIубараб черх бахчизабизеги лъикIаб буго. ГIодоб, чIарбида ватани, кровать гIадаб, дагьаб ракьалдаса борхатаб бакIалда лъезеги лъикIаб буго.

Хехлъи гьабиялъулъ гIедегIизе суннатаб буго гьев къачIазе (чуризе мусру базе, как базе ва вукъизе). Гьаб ункъабго фарзу кифаят бугин абураб жоялда тIад гIалимзаби рекъаралги руго.

(«Фикъгьул мангьаж», «ИгIанату тIалибин»)

 

 

 

Хварав чи чурун гIарац босиялде шаргIалъ щиб абулеб?

ШафигIиясул, Маликил ва АхIмадил мазгьабалъул гIемерисел гIалимзабаз жаназа чураралъухъ гIарац босизе хIалал гьабун буго.

Гьеб хIалтIухъ чIезабураб гIарцул къадар гьечIо. Жаназа чурулев чияс чи чурилалде цебе гIарцул къадар чIезабичIони ва кьураб къадаралдаги гьев разияв ватани, нилъерго ракI рекъараб жо кьела. Амма жаназа чурулес, чи чурилелде цебе гIарцул къадар чIезабуни, гьеб къадар гьесие кьезе тIалъула.

(«Мугънил МухIтаж»)

 

 

 

МаркIачIудаги боголидаги гьоркьор ралел какал ругищ?

МаркIачIудаги боголидаги гьоркьоб базе бихьизабураб как буго абавиназул. Гьелъул буго къого ракIагIат. Бищун дагьаб ккола кIиго ракагIат, гьединго, бала анлъго яги ункъо ракагIат. Гьел какал разе рекъараб буго маркачIул какда хадур гьарулел азкарал лъугIидал.

Авабиналин абиялъул магIна ккола Аллагьасде ﷻ руссарал чагIи гьеб гIужалда гъапуллъараб мех букIиналъ. МаркIачудаги боголидаги гьокьоб бугеб заман гIибадаталда инабизе суннатлъула. Имам Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «МаркIудаса хадуб анлъго ракагIат бани, гьоркьоб каламги гьабичIого, гьеб 12 соналда бащалъулеб гIибадаталде бахуна», - ян. Гьединго имам Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «МаркIачIудаги боголидаги гьоркьоб къого ракагIат бани, Аллагьас ﷻ гьесие алжаналъуб рукъ бала», - ян.

Гьединго боголида цебе кьижизе карагьатаб бугинги абула, щайгурелъул гьеб ягьудиязул гIадат ва пиша букIун.

МаркIачул какдаса хадуб иман цIуниялъе базе бихьизабун буго суннатаб кIиго ракагIат.

(«ИгIанатул ТIалибин», 1 бутIа)

 

 

 

Босулесул ихтияр бугищ къайи нахъбуссинабизе ва бича-хисиялъул къотIи нахъбахъизе, къайи цӀакъго хираго чӀун букӀиналъ?

Бичулеб-босулеб къайи киналго шартӀал цӀунун гьабун бугони, я босулесул, я бичулесул ихтияр гьечӀо гьеб нахъе тӀалаб гьабизе, гӀицӀго къайи цӀакъго тӀадегӀанаб яги цӀакъго гӀодобегӀанаб багьаялда букӀиналда бан.

Багьаби лъангутӀиялъ цӀакъго хираго яги учузго бичулеб къайи бичи яги боси рикӀкӀуна бичулесул яги босулесул кIарчанлъи гьабилъун, гьединлъидал, гьезие ихтияр кьоларо гьабураб къотIи биххизабизе.

Масала, ГӀалица ГӀумарихъа 200 азарго гъурщиде босана базаралда 500 азарго гъурщил багьа бугеб машина. Гьедин учузго машина ГӀумарица бичун буго, машинабазул багьа лъангутӀиялъ. ГӀумарил, хӀакъикъияб къимат лъан хадуб, ихтияр гьечӀо ГӀалидаса гьеб машина нахъе тIалаб гьабизе яги тӀадеги гӀарац кьейилан абизе. Щайгурелъул, къотIи гьабун букIун киналго шартӀалги цӀунун.

ТӀадехун рехсарабги хӀисабалде босун, бича-хисиялъул къотӀи-къаял гьарулаго, босулевги бичулевги цӀодорго рукӀине ккола.

(«ТухIфатул МухIтаж», бутIа 3)

 

 

 

Тажвид-гIелму лъазабиялъул кинаб хIукму бугеб?

Тажвид-гIелму ккола Къуръан битIун цIализе малъулеб гIелму. Гьебги босизе ккола лъай бугев ва гьеб гIелму лъикI лъалев мугIалимасухъа. Къуръан битIун цIализе лъай гьелда бараб букIиналъ, гьеб гIелму лъазабизе тIадаб буго. Гьеб лъазабичIого Къуръан цIализе чи лъугьине бегьуларо.

(«Тибъян», имам Навави)

 

 

 

Мадина шагьар Шамалъулищ яги Йеменалъулищ бакI кколеб?

Цонигиязул кколаро. Мадина ккола ХIижазалъул ракь. Гьеб бакIалда гIалимзабазул хилаф гьечIо.

(«Фатава имаму Навави»)

 

 

 

Кинаб сапаралда как къокъ гьабизе бегьулареб?

Сапаралда как къокъ гьабизе ккани шартI буго, шаргIалъ бихьизабураб, хIеж гьабиялда релълъараб – тIадаб, гIелму тIалаб гьабиялда релълъараб – суннатаб, ялъуни даран-базар гьаби гIадаб – хIалалаб сапар букIин. Как къокъ гьабизе ккани, сапар байбихьулаго цо хасаб баянаб бакIалде ине абун къасд букIине ккола.

Жиндилъ гIасилъи бугеб сапар батани, росасдаса барщун уней чIужу, хъачагълъи гьабизе къватIире рахъарал, бусурбаби чIвазе ялъуни зина гьабизе унезда релълъун – гьеб сапаралда как къокъ гьабизе бегьуларо.

Рокъоса къватIиве вахъунаго, хIалалаб къасдалда вахъарав чияс гьеб сапар хIарамаб мурадалде буссинабуни, гьесиеги бегьуларо. ХIалалаб къасдалда къватIиве вахъарасдасан хIарамаб жо ккани, гьесие гьукъун гьечIо. ХIарамаб жо гьабиялъул къасдалда къватIиве вахъарав чияс тавбу гьабуни, тавбу гьабураб бакIалдаса, гьесул унеб бакIалде щвезегIан, халатаб сапаралъул манзил кколеб бугони, бегьула

(«Иршадул гIавам» 374 гьум. «Ал- МугIтамад» 1 бутIа 460 гьум. «Канзу ар-Рагъибин» 1 бутIа 272 гьум.)

 

 

 

Какилъ гуреб мехалъ Къуръан рагIизабунищ цIализе хирияб бугеб яги балъгойищ?

Какилъ гуреб мехалъ Къуръан рагIизабун цIализе хирияб буго балъго цIалиялдаса. Амма рияъ, гIужбу кколеб бугони ва как балезе, унтаразе, кьижаразе, тIагIаталда машгъуллъаразе квалквал гьабулеб батани, балъго цIализе хирияб буго.

(«Фатава имаму Навави»)

 

 

 

Хварасдасан хIеж ялъуни гIумра гьабизе бегьулищ гьес васияталда гьабейин хъван батичIони?

Паризаяб хIеж ялъуни гIумра хварасдасан борхизе бегьула гьес васияталда хъван батичIониги. Суннатаб хIеж ялъуни гIумра гьабейин абун васияталда хъван батани гурони гьабиларо.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Щай рахъунел?

Мавлид ахIулеб заманалда бусурбабазда гьоркьоб машгьураб гIадат буго, МухIаммад авараг ﷺ гьавураб лахIзаталъул ахIулелъул, киналго тIаде рахъунеб. Гьебги гьабула Аллагьасул Расул вокьиялъул, рохелалъул, гьесие гьабулеб адаб-хIурматалъул гIаламат хIисабалда.   Гьеб гIадат къабул гьабурал...


Фарукъ абураб цIар щвей

Жинда Аллагь разилъаяв ГIумар-асхIаб исламалде вачIун хадуб, бусурбабазда бугеб хIал бихьун гьесул ракI хIалхьун букIинчIо. Бусурбабаз ислам боси балъго гьабулеб букIараб заманалда ГIумар-асхIаб Аварагасухъе ﷺ вачIана ва абуна: «Я, Бичасул Авараг ﷺ, нилъ битIараб нухда гьечIищ, хваниги чIаго...


Суал-жаваб

Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб? ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Тохав чиясул нух

Абу-Гьурайратидасан Бухарияс бицараб хIадисалда аварагас ﷺ абулеб буго: «Аллагьас ﷻ абуна, щив чи вугониги дир валиясе зарал гьабун (жинца гьев тушманлъун ккун, гьесда ццим бахъун), дица гьев чиясда рагъ лъазабула», - ян. Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв Факигьанияс абуна: «Щив чи вугониги...