Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Бералги къанщун как базе бегьулищ?

Какилъ берал къанщизе карагьатаб гьечIо. Имам Нававияс «Равзаталда» абуна, тIаса бищараб рагIиялда бан, карагьатаб гьечIин. Амма зарал жиндие ва цогидасе ккелин хIинкъун ватани, карагьатаб буго.

Ибну ГIабдусаламица фатва кьуна какилъ хушугI яги рекIелъе хIузур бачIунеб гьечIони, берал къанщи лъикIаб бугин рагьун теялдаса, гьедин хушугI бачIунеб бугони.

(«Мугънил мухIтаж», 1 бутIа, гьум. 493)

 

 

 

Холев чиясда аскIоб кинал сураби цIализе лъикIаб бугеб?

Холесда аскIоб суннатаб буго «Ясин» ва «РагIд» абурал сураби цIализе. «Ясин» цIалула холесда доба букIинеб бугеб жо ракIалде щвезе ва иманги цIикIкIине. «РагIд» цIалула холесе хвалил захIмалъи бигьа гьабизелъун. Холев чи пикруялда ва Къуръаналъул тафсир цIаларав ватани, беццараб буго «Ясин» цIализе.

(«ТIухIфатул мухIтаж»)

 

 

 

ХIайваназул хIундул рахъизе бегьулищ?

ШафигIияб мазгьабалда кваназе хIарамал хIайваназул бегьуларо. Кваназе бегьулел хIайваназул гьитIинго бегьула, амма кIудиял гIедал бегьуларо. Жеги шартI буго гьезие зарал кколареб куцалъ гьеб гьаби. ХIанафиязул мазгьабалда бегьизабун буго, гьез абула гIадамазеги хIайваназеги гьелдаса пайда бугин.

(«Фатава Навави», «МавсугIатул фикъгьия») 

 

 

 

ИчIго моцI бараб лъимадул хIацIу хъубаб букIунищ?

Лъимадул хIацIу нажаслъун букIунаро. Гьеб чорокаблъун рикIкIуна, лъимер лагIун хадуб къватIибе бачIараб жогун жубараб мехалда.

Лъимадул хIацIулъ гьеб лагIиялъул жо гьоркьоб бугищали ракIчIун лъалеб гьечIони, хIацIу нажасаб бугин абун ургъел гьабизе кколаро.

(«ФатхIул мугIин»)

 

 

 

Ригьин гьабизе бихьизабураб лъикIаб заман бугищ?

Суннатаб буго шаввал моцIалъ ригьин гьабизе, щайгурелъул, Аллагьасул расулас ﷺ шаввал моцIалъ ячана ГIаишат. Цогидаздаги малъулеб букIана ГIаишатица гьеб моцIалъ ригьин гьабейин абун.

Гьединго лъикIаблъун буго ригьнал къотIи-къай (никахI) мажгиталда гьабизе, гьелде тIоритIел гьабулеб буго имам ТIабараниясдасан бачIараб хIадисалда.

Жеги хирияблъун буго рузман къоялъ ригьин гьабизе, гьелда тIад рекъарал руго ункъабго мазгьабалъул имамзаби. Гьеб къо бугелъул анкьида жаниб бищун хирияблъун.

Магьари лъезеги лъикIаб буго къоялъул байбихьуда, диниял, такъва бугел гIадамалги гьеб тадбиралда гIахьал гьарун. Щайин абуни, МухIаммад Аварагас ﷺ ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ гьарун буго къоялъул гьеб заман умматалъе баракатаблъун гьабеян.

Цогидал къоязгун моцIазги бегьула ригьин гьабизе.

 («ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

 

Дица цIибил бичизе бегьулищ чагъир гьабулезе?

«ФатхIул Вагьаб» абураб тIехьалда Закариял Ансарияс хъван буго: «Дармил рахъалъ гьукъарал жалазда гьоркьоб буго, жинда лъалеб бугони яги щаклъи батани чамасдакIги цIибилги бичизе бегьунгутIи, босулев чияс гьелдаса мехтизарулеб гьекъолеб жо гьабизе бугеблъи. Якъинлъи гьечIого щаклъи батаниги бичизе лъикIаб гьечIо (карагьатаб буго)», - ян.

 

 

 

Чан сон баралдаса как байги кIал кквейги тIалъулеб?

Бихьинчиясдаги чIужугIаданалдаги какги кIалги тIалъула гьел балугълъиялъул гIужде рахиндал, цIодорал ругони. Гьеб балугълъиги хIасуллъула гьаб лъабабго сабабалъул цоялдалъун:

а) Мани (хьон) бачIин, гьабги бихьиназеги руччабазеги гIахьалаб сабаб буго.

б) Руччабазул хIайиз бачIин, гьабги бищун хехго моцIрол календаралда рекъон ичIго сон бараб мехалъ бачIине рес буго. Гьебги нилъеца жакъасеб къоялъ хIалтIизабулеб бакъул календаралда рекъон, гIага-шагарго микьго сонги ичIго моцIги ккола. Гьелдаса цебе бачIараб би хIайиз кколаро ва гьелдалъун балугълъиги хIасуллъуларо.

в) Маниги хIайизги бачIинчIони, моцIрол календаралда рекъон - анцIила щуго сон, бакъул календаралда рекъон - гIага-шагарго анцIила ункъо сонги анкьго моцIги бай. Гьабги бихьиназеги руччабазеги гIахьалаб сабаб буго.

(«ХIавашил Маданият»)

 

 

 

Какичури ва черхчури лъугьине ккани къараб заз бахъизе кколищ?

Заз тIубанго тIерхьун батани, какичури ва черхчури лъугьине ккани, гьеб бахъизе кколаро. Гьединго, заз батани цIакъго гьитIинаб, хъарпузалъул гIарщалда букIунеб гIадаб, жиб бахъиялдалъун каратI хутIулареб ва жинца тIомалъул гьитIинабниги бакIги бахчичIеб, гьеб мехалъги заз бахъизе кколаро. Амма заз батани бахъун хадуб каратI хутIулеблъи якъинго лъалеб, Рамалиясда аскIоб гьеб бахъизе ккола. Ибну ХIажарасда аскIоб кIудияб заз бахъизе кколаро, гьелъ тIомол дагьабниги бакI бахчун батани гурого.

(«ТухIфатул мухIтаж» ва «ХIаваши Щирваний»)

 

 

 

ЧIужуялъул харжалъухъ квана-гьекъон вукIине изну бугищ росасе, чIужуги рази гьечIони?

ШаргIалда рекъон, росасда тIадаб буго жиндирго чIужу, гIадатияб куцалда кваназеги ретIинеги кьун, хьихьизе. Гьединлъидал, чIужу рази гьечIого, гьелъул боцIи кваназе бегьуларо.

(«ИгIанату тIалибин»)

 

 

 

Сапаралъ унесда хадуб как ахIизе ва къиблаялде руссине кколищ?

ХIалалаб сапаралъ унезда хадуб как ахIи суннатаб жо ккола. ШафигIияб мазгьабалъул гIалимзаби тIад рекъана как ахIулаго ва къамат гьабулаго къиблаялдехун руссине лъикIаб букIиналда. Какие гурониги батIияб жоялъе как ахIулагоги лъикIаб буго къиблаялде руссине.

 («ТухIфатул мухIтаж»)

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...