Суал-жаваб
Суал-жаваб
Лага тIубанго чуранищ яги чуричIищали щаклъи ккани, щиб гьабизе кколеб?
Какие чурулев яги черх чури гьабулев чиясул гьениб щаклъи ккани, кинаб бугониги лага чуриялъулъ, черх чурулев вукIун ватани гьес щаклъи жиндилъ ккараб лага чурила. Амма какие чури гьабулев вукIун ватани, жиндилъ щаклъи ккараб лагаги чурила ва гьелда хадуселги цIидасан чурила. Амма какие чури лъугIун хадуб щаклъи ккани, гьелъ щибго асар гьабуларо, цIидасан чуризеги кколаро, ният гьабиялъулъ ккун букIун батаниги.
(«ФатхIул мугIин»)
Малъал кьунцIизе лъикIал къоял щал?
Малъал къунцIизе бищунго хирияблъун рузман къо буго. Хамиз ва итни къоязги бегьула. Абу-Гьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Авараг ﷺ вукIана малъал къунцIулевлъун рузман къоялъ, какде вахъиналде цеве», - ян.
Цогидаб хIадисалда буго рузман къоялъ малъал къунцIарав чи хадусеб рузман къо щвезегIан Аллагьасул ﷻ цIуниялда гъоркь вукIинин абун (ТIабарани).
Чвердон хадуб, паризаяб черх чуризеян ният гьабун гурони какие чуриялъе ният гьабун букIинчIеб хIалалда, бан батани чанго как, гьел рикIкIунищ? РецIизе кколищ?
Паризаяб черх чурулелъул гьабураб ният гIола, какичурулелъул кинниги тартиб гьабун лугбал чурун рукIун ратичIониги, хадурккун какал разе, ният гьабун хадуб гIавраталда квер хъвай яги гIадатияб къагIидалъ биххулеб кинниги какие чури биххун букIун батичIони.
Гьедин рарал какал щола, цIигьаризе кколаро.
(«ФатхIул мугIин»)
Авараг ﷺ накълулъидал лъица Гьев ﷺ чурарав ва хабалъ лъурав?
Аварагасул ﷺ хирияб черх чурарал ккола ГIали ибну Абу-ТIалиб, ГIабас, гьесул васал Фазл ва Къусам, гьединго, СалихI (тIокIцIар Шукран), Зайдил вас Усамат ва ХIавлал вас Авс. («РахIикъул махтум»)
Хабалъ лъуралги ккола ГIали ибну Абу-ТIалиб, ГIабас ва гьесул васал Фазл ва Къусам. («Нурул якъин»)
Паризаяб как бан бахъиндал суннатаб базелъун бакI хисула. Гьедин гьабизе кколищ?
МухIаммад ибну Шигьабудин Рамалияс «Нигьаятул МухIтаж» абураб тIехьалда хъван буго: «Суннатаб какалъе яги паризаяб какалъе суннатаб буго бакI хисизе, паризаяб яги суннатаб как бан хадуб. Гьедин гьабула бакI-бакIазда сужда гIемерлъизе ва Къиямасеб къоялъ гIибадат гьабураб бакIалъ нугIлъи гьабизе. ХIакъикъаталда гьеб ккола гIибадаталъул бакI чIаголъизаби.
«ИгIанатул ТIалибин» абураб тIехьалда хъван буго: «Как балесе рекъараб буго имам, маъмум, яги жинцаго балеб бугониги паризаяб яги суннатаб как балеб бакIалдаса цогидаб бакIалде ине. ТIоцебеселъ нугIлъи гьабурабго гIадин кIиабилеб бакIалъги нугIлъи гьабизе.
Гьенибго хъвалеб буго, карагьатаб бугин цого бакIалда кидаго как базе, михIмаралда жаниб как балев имамасе хутIизегIан. Гьесие щибго карагьалъи гьечIо.
(«ИгIанатул ТIалибин», 1 бутIа, гьум. 219)
Шахматал хIазе бегьулищ?
Карагьатаб буго шахматал хIазе, щайгурелъул гьелъ диналъул ишазе щибго пайда кьоларого букIиналъ. ЛъикIаб буго гьеб иш тани, амма гьукъараб, хIарамаб гьечIо. Щайгурелъул ибну ГIабас, ибну Зубайр, Абу-Гьурайрат ва СагIид ибну Мусайб гIадинал чагIаз шахматал хIана.
Имам Ширванияс абуна: «Нардазул къайи бичизе бегьула гьелъул шахматазул къайи гьабизе кIолеб батани. Амма гьеб карагьатаб буго, жибго карагьатаб бугебгIадин шахматазул къайи бичизе».
(«МажмугI», бутIа 20, гьум. 228, «ХIашияту Ширвани», бутIа 4, гьум. 239)
Хабал гIазаб хвараб мехалъищ байбихьулеб яги вукъулев мехалдайищ?
«Танвирул Къулубалда» шафигIияб мазгьабалъул гIалим МухIаммад Амин Курдияс абуна: «НигIматги гIазабги букIуна хабалъ, щайгурелъул, гIемерисеб мехалъ гьел хабалъ рукIиналъ. Щивав хварав чиясе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нигIматги гIазабги кьола гьев хабалъ вукъун вугониги гьечIониги. Цо-цо гIалимзабаз абуна гьесул хоб кколин гьесул черх хвараб бакIилан.
(«Танвирул Къулуб», гьум. 85)
Дун росгун ятIалъун йиго, буго чанго лъимерги. Ясал дихъ руго, вас росасухъ вуго. Дихъ
ругезе гьес къваригIараб чIезабизе кколищ?
Лъимал ругони жеги гьитIинал, ай лъикIаб-квешаб батIа бахъизе лъаларел, гьезул тIалаб-агъаз гьабизе эбел цIикIкIун рекъарай йиго. Лъимал лъикIаб-квешаб батIа бахъизе лъалеб анкьго, микьго сонил гIумруялде рахараб мехалъ. Гьезие жидеего ихтияр кьола бокьаразда аскIор рукIине.
КъваригIараб чIезабун лъимал хьихьизейин абуни, лъида аскIор гьел ратаниги, инсуда тIадаб буго.
(«ФатхIул МугIин»)
ШаргIалда рекъон, бесдалалин абун, лъималазда кидалъизегIан абулеб?
Жинда Аллагь ﷻ гурхIаяв ибну Къудамаца хъвалеб буго: «Лисанул гIараб» абураб тIехьалда хъвавухъе, бесдалав вуго балугълъиялъул соналде вахинелде жиндир эмен хвараб лъимер. Бесдалаблъунги лъимер рикIкIуна балугълъиялде бахинегIан», - ян.
Гьеб пикруялда тIад рекъарал руго гIемерисел агьлу-суннаталъул гIалимзаби.
Нилъецаго гьарулел гIамалазул кири чIагоясе кьезе бегьулищ?
Бусурбанчиясе бегьула бокьараб лъикIаб гIамал гьабизе (букIа гьеб парз яги суннат) гьелъухъ жиндие щваралда релълъараб кири цогиясеги кьезейин абураб нияталда, чIагояв ялъуни хварав вукIа. Гьединго, гьесие бегьула жинца гьабураб лъикIаб гIамалалда хадуб дугIа гьабизе, жиндие щваралда релълъараб ажру гьесиеги кьеян абун. Амма лъикIаб буго ниятги дугIаги кIиябго гьабизе.
«Къайлуби, шархIу канзу ррагъибин» абураб тIехьалда буго: «Хварав чиясдаса яги чIагоясдаса Къуръан цIализе чи ижарадеги кквезе бегьула, гьелъухъ жиндаса цIаларасе кириги щола, аскIов вукIун яги ният гьабун, ялъуни хадуб кири кьун цIалун батаниги. Жинцаги «я, Аллагь ﷻ, гьалъул кири ялъуни гьалъухъ дие щваралда релълъараб кири Дуца ﷻ пуланасеги кье», - ян абиялда релълъун.
«Бугъятул мустаршидин» абураб тIехьалда буго: «Цо чияс жиндиего кинаб бугонги гIамалги гьабун абуни: «Я, Аллагь ﷻ, гьелъул кири Дуца пуланав чиясе щвезабе», - ян абун, гьелъул кири гьев чиясе щола, чIаго ватаниги, хун ватаниги», - ян.