Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Исламалда рекъон «Черный касса» хIазе бегьулищ? Гьебги ккола чанго чияс щибаб моцIалъ дагьабго гIарацги данде рехун, цинги можоро бахъун ялъуни жидецаго сияхIги гьабун, иргаялда кинабго гIарац кьолеб?
ХIалтIуда, масала, 10 чиясдаса гIуцIараб коллективалъ, жидедаго гьоркьоб гIарац рехулеб «черный касса» хIалеб буго. Гьезул щивас, масала, 1000 гъурущ щибаб моцIалъ данде рехула. Цинги анцIго чияс бакIарараб анцIазарго гъурущ, можоро рехун ялъуни ирга гьабун, гьеб бакIарараб бакIалдаса босула жиндиего. Гьедин, анцIго моцIалъ, ай щивасе жиндирго гIарац нахъе щвезегIан хIала гьеб «черная касса» абураб жо. ШаргIалда рекъон гьедин гIарац данде бакIари гьукъараб гьечIо. («ХIашиятул Къайлюби шархI», «Мингьажу ТIалибин»)
ЧIужугIаданалъ , махIрамги гьечIого, суннатаб хIеж борхизе бегьулищ?
Суннатаб хIеж чIужугIаданалъ гьабулеб бугони яги бокьараб цогидаб суннатаб, ай гьелда тIадаб гьечIеб, зияраталъе гIадинаб, къокъаб бугониги сапаралде гьей яхъуней йигони цадахъ рос яги махIрам гьечIого, гьелъие гьеб хIарамаб буго, кигIан гIемерал божи бугел руччабигун яхъаниги ва росасул изнуялдалъун ятаниги, кIудияй йигониги, сурукъай йигониги, батIалъи гьечIого. Хирияв Аварагас абун буго: «Аллагьасдаги ахир къиямасеб къоялдаги иман лъолей чIужугIаданалъе хIалаллъуларо сапар гьабизе цо къоялъул манзилалъ цадахъ махIрамияв чи гьечIого», - ян. (Муслим, АхIмад, Абу Давуд, ибн Мажагь) Жеги гIемерал тIахьазда гIалимзабаз баянго хъвалеб буго Маккаялда чIарай чIужугIаданалъе ТангIималдасан (ГIаишатил мажгиталдасан) руччабигун цадахъ суннатаб гIумра гьабизе хIарамаб бугин рос яги махIрам цадахъ гьечIого.

Эбелалъе яги тохтуралъе бегьулищ лъимадул гIинзубе Къаматги ва «Ихлас», «Къадар» сураби цIализе?

ЧIужугIаданалъе, бихьиназего гIадин, бегьула как ахIизе ва Къамат гьабизе, гьединго «Къулгьу» ва «Къадар» сураби цIализе гьабураб лъимадул гIинзубе. Щайгурелъул гьелъул мурад буго дунялалде лъимер бачIиндал тIоцебе рагIулеб жо зикру букIине ва гьелдалъун баракат щвезе. Эбелалъе, черх чури гьечIониги, бегьула тIадехун рехсарал жал цIализе. Щайгурелъул гьеб цIалиялъул мурад буго зикру ва баракат щвей. («Мугънил МухIтаж», «ИгIанатул ТIалибин»)
Росасул ихтияр бугищ рагIудалъун яги ишалдалъун чIужу нахъюссинайизе (цIар тIамурай)?
Росасул ихтияр буго (лъабго цIар тIамичIесе) чIужу нахъюссинайизе баянал рагIабаздалъун. Мисалалъе: «Дица мун тIаде юссинаюна» ва гьединго баянал гурел рагIабаздалъунги: «Дица мун хIалал гьаюна» ва гь. ц. Гьединго гьесул ихтияр буго хъван нахъюссинайизе. Амма пуланаб ишалдалъун чIужу нахъюссинайи (убач гьабигIадинаб), ният бугониги рикIкIунаро, бакка-бахъи гьабураб мехалъ хутIун (ишара гьабун) яги хъван. Гьеб хIукму гIидда лъугIизегIан букIуна. Баянал гурел рагIабаздалъун ва хъван чIужу нахъюссинаюни ният къваригIуна. Ният гьечIони, гьебги рикIкIунаро. («ТухIфатул МухIтаж», бутIа 8)
Рузман къо баркизе бегьулищ?
Бусурбабазе лъикIаб буго баркизе Къурбан ва КIалбиччаялъул къоял, рузман къо, авараг гьавураб къо, цIияб сон, ШапигIиял мазгьабалъул гIалимзабазул рагIабазда рекъон. Баркарасе абизе лъикIаб буго: «Аллагьас къабул гьабеги», - ян. ГIалимзабаз абула гьединал къояз лъикIаб бугин щукру гьабун сужда гьабизе, дугIаби цIализе ва лъикIал ишазулъ гIахьаллъизе. («ХIашияту Бужайрами», «ХIашияту Къайлуби», «ХIашияту Жамал»)
Щал аварагзабазухъе Аллагьас тIахьал рещтIарал?
Аллагьас аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна. Гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда рещтIарал, хутIараб ункъояб тIехь буго. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб къавм халгьабун жеги цIикIкIун баян гьабун рещтIараб. Адам аварагасухъе рещтIана 10 тIамач, Шис аварагасухъе - 50, Идрисихъе - 30, Ибрагьимихъе - 10. ХутIараб ункъабго тIехь абуни буго цояб Муса аварагасухъе рещтIараб – Таврат, ГIиса аварагасухъе – Инжил, Давуд аварагасухъе – Забур ва МухIаммад аварагасухъе – Къуръан. Гьел киназулго Аллагьас рещтIараб хIалалда нилъехъе щваразул цохIо Къуръан гурони гьечIо.
ГьитIинав чиясда хадуб как базе бегьулищ?
«МугIтамад» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «ГьитIинав чи, гIакълу бугеб гIужалде вахун, живги как базе лъалевлъун вукIун ва как сахIихIавлъун вугеб мехалъ гьесие бегьула бихьиназеги руччабазеги имамлъи гьабун цеве вахъун как базе», - ян. ГIалимзабаз абураб кьучIаб рагIиялда рекъон, жеги гьесие бегьула рузманалъе имамлъи гьабизеги, жив гурездалъун рузман бан буцIцIунел чагIазул гIадад тIубараб мехалъ.
ГIамру ибну Салиматица бицараб хIадисалда буго: «Аллагьасул расуласул заманалда дица имамлъи гьабун как бана, дунги анкьго сон гурони бачIев гьитIинав чи вугеб гIужалда», - ян (Бухари). Абу-Давудица бицун буго ГIамру вукIанин гьезул къавмалъул цIикIкIун къираат (Къуръан цIализе лъай) бугевлъун.
Абу-МасгIуд аль-Бадариясдаса бицараб хIадисалда буго, аварагас абунин: «Бокьараб къавмалъе имамлъи гьабула Аллагьасул тIехьалъе цIикIкIун къираат бугес», - ин. (Муслим) ГIаишатица бицараб хIадисалда буго: «Нижеца Рамазан моцIалъ, Къуръан цIализе лъай бугел лъимал рачунаан, нижее как базе», - ян. (Муслим) «Мугънил МухIтажалда» хъван буго, кин бугониги балугъав чиясул имамлъи цIикIкIун рекъараб бугин гьитIинав васасулалдаса, гьитIинав вас цIикIкIун Къуръан цIализе лъалев ва гIелму гIемерав ватанигиян.

Аварагасул лъади кий хварай ва чан сон гьелъул гIумруялъул букIараб?
Хадижат кколаан аварагасул r тIоцеесей чIужу. Гьей хвана Маккаялда ва гьеб букIана МухIаммадихъе авараглъи кьун анцIабилеб сон. Хадижатги хвана 65 сонил ригьалде яхиндал. Гьей хвараб соналъ хвана аварагасул имгIал АбутIалибги ва гьеб соналда аварагас пашманлъиялъул сонилан цIарги тана. («Ар-РахIикъул махтум»)