Аслияб гьумералде

СУАЛ-ЖАВАБ

СУАЛ-ЖАВАБ

Как бан хадуб бетIералда ва надалда квер бахъиялъе хIужа бугищ?

«Ал-Азкар» абураб тIехьалда имам Нававияс гьеб суалалда хурхун рехсолеб буго Анасидаса бицараб: «Как бан лъугIидал Аварагас ﷺ жиндир кваранаб квералдалъун надалда масхIу гьабулаан, цинги абулаан «Ашгьаду ан ла илагьа илла Ллагьу ар-РахIману р-РахIим, Аллагьумма азгьиб гIаннил гьамма вал хIазан», - абун.

«Найлул автIар» абураб тIехьалда буго ТIабараниясдасан бицараб: «Аварагас ﷺ как бан бахъиндал кваранаб квералдалъун бетIералда масхIу гьабулаан. МасхIу гьабулаго абулаан «Бисми Ллагьи ллази ла илагьа илла гьува ар-РахIману р-РахIим. Аллагьумма азгьиб гIаннил гьамма вал хIазан», - абун.

«Бушрал карим» абураб тIехьалда буго: «Как балес салам кьураб мехалъ, кваранаб квералдалъун надалда масхIу гьабила ва лъабго нухалъ «Астагъфируллагь» абун хадубги абила «Астагъфируллагьал гIазима ллази ла илагьа илла гьувал хIайул къайуму ва атубу илайгьи» абунги (лъабго нухалда). Хадуб, расалда кваранаб квер бахъила, ва абила: «Бисми Ллагьи ллази ла илагьа илла гьува р-РахIману р-РахIим. Аллагьумма азгьиб гIаннил гьамма вал хIазан», - ян.

 

 

 

Сапаралде вахъарав чиясе бегьулищ какал къокъ гьаризе яги тIаде росун разе, жив унеб бакIалде кIиго нух бугони, ай цояб сапаралъул манзилалде щвараб, цогидаб – щвечIеб?

Сапаралъ вахъарасе буго тIаса бищизе рес бугеб кIиго нух. Гьезул цояб сапаралъул манзилалде, ай как къокъ гьабизе бегьулеб халалъиялде щвараб, цогидаб щвечIеб бугони, халатаб нухдасан ин гьес тIаса бищиялъулъ шаргIалъ кьурал рухсаби хIалтIизаризе бегьиялъулъ халгьабизе ккола кинаб мурадалъе гIоло халатаб нух тIаса бищарабали. Халатаб нух тIаса бищун батани гIицIго какал къокъ гьаризе ва тIаде росиялъе гIоло, гIалимзабаз цIикIкIун бергьинабураб рагIиялда рекъон, гьесие какал къокъ гьаризе ва тIаде росун разе изну кьоларо.

Нух тIаса бищун батани, нухда унелъул гIагарав чиясухъе щвезе, яги хIинкъи гьечIеб букIиналъ, ялъуни сапар бигьалъиялъе ругел хасал гIиллабаздалъун, гьеб мехалда какал къокъ гьаризе ва тIаде росун разе бегьула. Гьединго, ун ватани халатаб нухдасан, ай къокъаб нух букIинги лъачIого, цIикIкIун бергьинабураб рагIиялда рекъон, гьеб мехалдаги бегьула какал къокъ гьаризе ва тIаде росун разе.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

 

 

Какие чуриялда вукIин беццараб пиша бугищ?

Какие чуриялда тIадчIей гьабизе суннатаб буго. Суннатаб буго какие чуриялда вукIине Къуръан цIалулеб мехалъ, амма кодоб ккун цIалулеб батани, какичуриялда цIализе тIадаб буго. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Гьелда хъваге рацIцIадал чагIи гурони», - ян.

Гьединго суннатаб буго какичуриялда вукIине Къуъаналъухъ гIенеккарав чиясеги. ХIадис цIалулесе, гIенеккарасе, бицунесе, тафсиралъул, хIадисазул яги фикъгьиялъул тIахьал раччулев чиясе, гьел хъвалесе, шаргIияб гIелму цIалулесе, как ахIулесе, мажгиталда, ГIарафалда чIолесе, СагIю гьабулесе, зияратазде унесе ва кьижулесе.

(«Мугънил мухIтаж», 1 бутIа)

 

 

 

АлхIам цIалилалде цебе «АгIузу» бахъизе суннатаб бугищ?

Как бухьиндал, ай «Аллагьу акбар» абун хадуб, АлхIам цIалилалде «АгIузу» бахъизе суннатлъула. Амма «важжагьту», имамасда хадур ругезе, как бухьиндал хехго цIализе лъикIаб буго, имамас цIалулеб АлхIамалъухъ гIенеккизе рукIине. Гьеб дугIа какилъ цIалеян кьучIал хIадисалги рачIана. «Важжагьту» бокьун яги лъачIого гьоркьоб биччани ва «АгIузу» бахъани, дугIа цIализе тIадвуссинаро. «АгIузу» щибаб ракагIаталда бахъизе суннатлъула, тIоцебесеб ракагIталда бахъизе цIакъго хирияб буго. «Важжагьту» ва «АгIузу» цIалила жиндаго рагIизабун.

(«Мугънил мухIтаж», 1 бутIа)

 

АлхIам цIалун хадуб Къуръаналдаса сура цIалиялъул хIукму щиб?

АлхIам цIалун бахъиндал Къуръаналдаса сура цIализе суннатаб буго. АлхIам цIалилалде цебе кIиго суннат буго «важжагьту» ва «АгIузу» цIали. АлхIамалдаса хадубги буго кIиго сунат - «Амин» аби ва сура цIали.

ТIоцебесеб кIиго ракагIаталда гьеб цIализе суннатлъула. РагIизабун алхIам цIалуларел каказда, масала, къаде ва бакъани, гьенибги цIалила. Амма имамасда хадуб как балелъул лъабабилеб яги ункъабилеб ракагIаталде кватIун щвани, сураби гьенир цIалила, щайгурелъул, гьесие тIоцебесеб яги кIиабилеб ракагIатлъун букIунелъул. Имамас рагIизабун цIалулел каказулъ нахъа вугес сураби цIалиларо, гьесие суннатлъула имамас цIалулеб къирааталъухъ гIенеккизе. Къуръаналда ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Къуръан цIалулеб мехалъ, нуж гIенекке гьелъухъ», - ян. (Сура «ал-АгIраф», аят 204). Имамас цIалулеб сураялъухъ гIенеккизе тIадаб бугин абураб цо-цо гIалимзабазул рагIиги буго. Амма нахъа вугев чи рикIкIад вугони ва имамасул къираат рагIулеб гьечIони яги балъго цIалулеб как бугони, гьеб мехалда сура цIалила.

Рогьалил ва къаде каказда хирияб буго халатал сураби цIализе, бакъанил ва боголил – гьоркьохъел, маркачIул какалда - къокъал сураби.

(«Мугънил мухIтаж», 1 бутIа)

 

 

 

Цогидал какил рукнабиго гIадин цо нухалда гуреб, кIиго нухалда сужда гьабиялъулъ бугеб хIикмат щиб?

Сужда ккола гIодобегIанлъиялъул ва мутIигIлъиялъул рахъалъ лагъ жиндирго БетIергьанасде бищунго гIагарлъулеб лахIзат. Гьединлъидал сужда кIиго нухалъ такрар гьабула: тIоцебесеб - гIодобегIанлъи ва мутIигIлъи загьир гьабилъун, кIиабилеб - Аллагьас ﷻ дугIа къабул гьабиялъухъ ва лагъ Жиндихъе гIагар гьавиялъухъ щукру гьабилъун.

Авараг ﷺ МигIражалде вахун, как базе амру гьабураб мехалъ, тIадвуссун вачIун жиндирго умматалда лъазабуна гьеб тIадкъай. Бусурбабаз гьеб амру къабул гьабуна ва Аварагас ﷺ кIиго сужда гьабуна: тIоцебесеб - жиндие гьабураб хIурматалъухъ Аллагьасе щукру гьабун, кIиабилеб - жиндирго уммат мутIигIлъиялъухъ щукру гьабун. Гьединлъидал какда кIиго сужда чIезабуна: цояб - щукруялъе ва тIадегIанлъиялъе, цогидаб - гIодобегIанлъиялъе ва мутIигIлъиялъе.

Жеги кIиго сужда гьабиялъ ракIалде щвезабула малаикзабаз Аллагьасул амру тIубазабун Адам аварагасда цебе сужда гьаби ва иблисалъ гьелде инкар гьаби. КIиябго сужда гIаламатлъун ккола Аллагьасе ﷻ мутIигIлъи ва чIухIиялдаса инкар гьаби.

Гьедин кIиябго сужудалъулъ цолъула тIадегIанлъиги гIодобегIанлъиги, щукруги тавбуги. Гьеб ккола ТIадегIанав Аллагьасда ﷻ цебе лагълъиялъул камилаб загьирлъи ва рухIалъул унго-унгояб гIодобегIанлъи.

(«Мугънил МухIтаж»)

 

 

Бихьинал гьечIеб бакIалда руччабазе бегьулищ как ахIизе ва къамат гьабизе?

ЧIужугIаданалъе как ахIизе карагьатаб буго. Щайгурелъул, как ахIи бухьараб буго гьаракь борхиялда, гьелъ рачине бегьула питнаялде. Амма цохIо руччаби яги махIрамал ругеб бакIалда гьелъ как ахIани, гьелъулъ карагьалъи гьечIо, гьелъ жиндирго гьаракь хIажатаб къадаралдаса тIаде борхизабичIони, ай гьенир ругезда рагIулеб къадаралъ. Гьединаб хIалалда гьелъие кири щвезе буго Аллагь рехсеялъухъ гIадин, как ахIиялъухъ гуреб.

Къамат гьаби руччабазеги суннатаб буго. Гьелдасан босун, изну буго руччабазда яги махIрамал ругеб бакIалда гьезда гурони рагIиларедухъ гьеб цIализе.

Аллагьасда ﷻ лъикI лъала.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...