Суал-жаваб
Рузманалда хутIба гьабулаго кIалъазе бегьулищ?
ХутIбаялъул заманалда кIалъазе гьукъун гьечIо, амма рузманалъул какил тIубараб кириялдаса махIрумлъичIого рукIине, (хIажат гьечIеб калам гьабун) кIалъачIого чIей цIакъго лъикIаблъун буго.
Аллагьасул Расулас ﷺ абун буго: «Имамас хутIба гьабулеб заманалда калам гьабурав чияс, хIатта аскIор ругезда «руцIцIа!» абицин, гьев чияс гIададисеб калам гьабуна, хутIбаялъул заманалда гIададисеб хабар гьабуравги рузманалъул какдаса махIрумлъаравлъун вуго (рузманалъул какил тIубараб кириялдаса ворчIун ккарав)», - ян (Бухари Муслим).
Имам Гъазалияс «ИхIяу гIулуму ддин» абураб тIехьалда хъван буго: «Цо нухалъ Аллагьасул Расулас ﷺ хутIба гьабулеб мехалъ, Абу Заррица ГIубайида гьикъана: «Кида рещтIараблъун букIараб гьаб сура (Аварагас ﷺ хутIбаялъулъ цIалараб)», - абун. Гьесие жаваб гьабун ГIубайица ишараялдалъун бихьизабуна вуцIцIун чIезе кколин. Аллагьасул Расул ﷺ, хутIбаги гьабун, минбаралдаса рещтIиндал, ГIубайица Абу Заррида абуна: «Мун нахъе ине бегьула, дур рузманалъул как чIобоголъана (дуе щвезе букIараб камилаб кири камуна)», - ян. Цинги Абу Зарр гIарз гьабун Аварагасде ﷺ вуссана, амма Аллагьасул Расулас ﷺ жаваб гьабуна: «ГIубайица битIун бицана», - абун.
Как ахIулеб рагIидал, жавабги гьабичIого, цоги жоялде вуссине бегьулищ?
Гьединав чиясул рухIбахъи мекъи ккезецин бегьула, гьединлъидал, Къуръан цIалулев, гIелму тIалаб гьабулев чиясцин, гьебги гьоркьоб къотIизабун, будунас ахIулелъе жаваб гьабизе ккола. ХIажатханаялда вугес къватIиве вачIун хадуб гьабила жаваб, как ахIун лъугIун бугониги, как ахIулаго гьабулеб жавабалъул къагIидалда. Какие чури биххарав чиясеги, черх чуризе тIадасеги, хIайизалда йигелъеги суннатаб буго как ахIиялъе жаваб гьабизе.
Гьеб ахIулеб рагIарав чиясе суннатаб буго будунас ахIулеб гьесда хадуб такрар гьабизе. «ХIая гIала салат» ва «ХIая гIалал фалахIазда» хадуб «Ла хIавла ва ла къувата илла биллагь» абила, къамат гьабулаго будунас «Къадкъамати» абураб мехалъ «Акъамагьа Ллагьу ва адамагьа» абила. Рогьалил как ахIулаго будунас «Ассалату хайрун мина навм» абураб мехалъ, «садакъта ва барирта» абила. Как ахIун лъугIидал, салаватги битIун, цIалулеб машгьураб дугIа буго, гьебги цIализе суннатаб буго.
(«Бушрал Карим», «Мухтассар Азкари Ан-Навави»)
Как балеб мехалда имамасдаса цеве ккани, щиб гьабизе кколеб?
Имамасдаса маъмум рукугI, сужда гIадинаб фигIлияб, ай черхалъ багъаризабулеб цо тIубараб рукнуялъ цеве ккани, масала, имам вахъунчIун вукIаго маъмум, рукугIги гьабун, эхеде ворхани, гьесул как холаро, амма гьеб гьабизе хIарамаб буго. КIиго тIубараб рукнуялъ имамасдаса нахъа чIарав чи цеве ккани, батIалъи гьечIо, гьеб кIиябго рукну букIа халатаб яги цояб букIа халатаб ва цогидаб къокъаб, бокьун бегьулареблъиги лъан гьабуни, как хола.
КIочон тун яги бегьулареблъи лъачIого цеве ккани, как холаро, амма гьесие гьес гьабураб пиша рикIкIунаро ва гьес имамас салам кьедал, тIадеги ракагIат базе ккола.
Имамасдаса маъмум цо къавлияб, ай цIалулеб рукнуялъ цо фигIлияб кIиго рукнуялъ цеве ккани, масала, имамас важагьту цIализегIан, маъмум, АлхIамги цIалун рукугIалде ани, гьелдалъун гьесул как холаро.
ТIубараб кIиго рукнуялдаса дагьаб жоялдалъун, ай цо рукнуялдалъун яги гьелдаса дагьалдалъун яги гьелдаса гIемераб ва кIиго рукнуялде бахинчIеб жоялдалъун цеве ккеялдалъун маъмумасул как холаро, бокьун цеве аниги.
Бокьун маъмумас имамасдаса цебе рукугI гьабуни, гьесие нахъвуссун имамасда хадуб рукугI гьабизе суннатлъула. Сагьвилъун, ай лъачIого гьабуни, гьенив имамасухъ валагьун чIаниги, нахъвуссаниги, батIалъи гьечIо. Бокьун, лъалаго маъмумасе имамасдаса тIубараб фигIлияб рукнуялъ яги гьелдаса дагьаб жоялъ цеве ине хIарамаб буго. Гьеб жо кIудиял мунагьаздасан бугин абулел гIалимзабиги руго. Гьелда хурхун Аварагасул ﷺ Бухарицагун Муслимица бицараб хIадисги буго: «Имамасул бетIер борхизегIан цебе бетIер борхулев чи хIинкъулародай Аллагьас ﷻ жиндир бетIер хIамил бетIералде сверизабилин», - абун. Имамасдаса цо рукнуялъ цеве ккеялъе мисаллъун бачина, имам вахъун чIунги вукIун, маъмум рукугIалдеги ун, гьебги гьабун, эхеде ворхи.
(«ТухIфатул МухIтаж» 1 бутIа, «Мугънил МухIтаж», 1 бутIа)
Сапаралда вугев чияс суннатал какал раялъул хIукму щиб?
Сапаралда вугев чияс суннатал какал раялда тIасан гIалимзабазул хилаф ккана. «МажмугI» абураб имам Нававиясул тIехьалда, сапаралъул адабазул бицунеб бакIалда хъван буго гIемерисел гIалимзаби сапаралда суннатал какал разе хирияб букIиналде рачIун ругилан. Имам Тирмизияс абуниланги буго, гIемерисеб гIелмуялъул агьлу гьелда тIад рекъанин абун. Гьединго руго сапаралда суннатал какал разе суннатлъуларин абулел гIалимзабиги.
(«МажмугI», имам Навави)
Какилъ алхIам цIалулеб заманалда кверал кин лъелел?
Какилъ вахъун чIун вугев чияс кверал лъела каранда гъоркь, квараналъ квегIабги ккун. Бакьулъги лъеларо, цодагьаб квегIаб рахъалдегIан лъела. Кваранаб квералъ квегIалъул, рукьазул буртIин килищалде нахъе кколеб ракьаялъул рагIалги, рукьалъулги рищиялъулги бутIаги кквела. КвегIаб квералъул килщал данде къачIого, гьоркьохъеб хIалалъ рикь-рикьизарун риччан тела. Кваранаб квералъул килщал данде къала ва цо бутIа дандекъан цогидаб бутIа рукьазул халалъухъе ритIиларо. Гьаб масъалаялъулъ гIалимзабазда гьоркьоб хилафги буго ва амма гьаб буго бищунго хирияб къагIида.
(«Нигьаятул мухIтаж», «ТухIфатул хIабиб гIала ширхIил хатIиб»)
Суждаялдаса тIаде рахъунелъул цин квералищ яги накабийищ росилел?
Суждаялдаса тIаде рахъунелъул суннатаб буго гIодоб квералги чIван тIаде рахъине. Гьедин рахъунаго кверал лъела накабазда цере, гьоркьоб манзил течIого ва гьездаги ваччун цин накаби росила. Накаби ритIизе гIагарлъараб заманалда квералги рорхила. ТIаде вахъунелъул гIодор кверал чIвалел гьечIони, кверал лъела накабазда тIад ва гьездаги ваччун тIаде вахъина.
(«Нигьаятул мухIтаж», «ХIашиятул жамал»)
Спирт гъорлъ бугеб берцинаб махI бахъинабулел жал хIалтIизабиялъул хIукму щиб?
Гьезул къварилъи гьечIо гъорлъ спирт жубарал ругониги. Жакъа гьел кирго тIиритIарал, киназго хIалтIизарулел, жидедасан цIуни гьабизе захIматал жал руго. Фикъгьияб къагIидаги буго цо ишалда жаниб захIмалъи, къварилъи ккедал бигьалъи гьабизе кколин абураб.
(«Альфатава МагIаннас»)