Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Щиб гьабизе кколеб цIар тIамиялъулъ яги чан нухалда тIамурабин абун щаклъи ккараб мехалда?

Бихьинчиясул щаклъи ккун бугони цIар тIамиялъулъ, тIамурабищ цIар, яги гьеб тIами кинаб бугониги ишалда хурхинабун букIараб, ялъуни жинца гьеб хурхинабураб иш лъугьарабищ абун, гьеб хIалалда цIар тIами лъугьунаро.

РакIалда бугони цIар тIамураблъи, амма щаклъулев вугони чан цIар тIамураб абун, гьениб хIисабалде босула щаклъи ккаразул дагьаб къадар. Мисалалъе, щаклъи ккун бугони цо цIарищ тIамураб яги кIигойищ абун, хIисабалде босула цо нухалъ цIар тIами.

Кин бугониги, гьединал хIалазулъ лъикIаб буго цIодорлъи гьабизе ва щаклъи букIиналдаса цIунизе. Мисалалъе, тIоцебесеб масъала халгьабун абуни, шаригIаталда рекъон цIар кколеб гьечIониги, росасе лъикIаб буго, хадубккун гьейгун гIумру гьабизе ракIалда бугебгIан мехалъ, ратIалъаралдаса чIужуялъул гIиддаялъул заман лъугIун батичIебгIан заманалъ гьей нахъюссинайиялъул рагIабиги абун, нахъе ячине, гIидда лъугIун батани - никахI цIи гьабизе. Амма гьейгун цадахъ гIумру гьабизе ракIалда батичIони, лъикIаб буго цIарги тIамун гьей йиччан тезе, хадубккун цогиясе чIужулъун гьелъие ине бокьараб мехалъ мухIканаб хIал букIине.

(«ТухIфатул мухIтаж»)

Мускаталъул цIулакьо кваназе бегьулищ?

Бегьуларо. Имам ибну ХIажарияс «Фатава ал-Фикъгьиял Кубра» абураб тIехьалда мухIканго гьелъие жаваб кьуна ва бачана ибну ГIимадил рагIаби: «Щаклъи гьечIо гьеб цIулакьо кваназе хIарамаб букIиналда. Щайгурелъул, гьелда гъорлъ мехтизарулеб жо букIиналъ», - ян.

(«Фатава ал-Фикъгьиял Кубра», бутIа 4, гьум. 229)

Хъван тараб васияталъул щиб хIукму бугеб, гьес щибго баян гьабичIеб мехалда?

Васият ккола жив хун хадуб билълъанхъизабулеб жо, жибги хвалда хурхараб.

Бокьараб къотIиялъул рукIуна шурутIалги арканалги, балугълъарав чияс тIуразе кколел. Гьединго васияталъулги руго шурутIал.

Гьелъул аслиял шартIал ккола:

1. Васият хъварав чи.

2. Лъие гьеб хъвараб.

3. Васият гьабулеб жо.

4. КIалалъ гьеб аби.

РагIизабун абулеб васият нияталде хIажалъулеб ва хIажалъулареб букIуна. Нияталде хIажалъулареб васият ккола, масала, чияс абуни: «Дица васият гьабуна МухIаммадие боцIи-малалъул гьаб жо», - ян. Гьеб васият рикIкIуна ва гьелъие ният къваригIунаро.

Нияталде хIажалъулеб васият ккола васияталдеги ва цогидаб къотIиялдеги щвей гьабулеб. Гьеб мехалъ чиясул нияталъул хал гьабула.

Хъван гьабураб васият рикIкIуна нияталде хIажалъулеблъун. Гьелъ баян гьабизе ккола васият хъвалеб мехалъ щиб ният букIарабали гьесул яги гьев хун хадуб гьесул ирсилас баян гьабизе ккола гьесул щиб ният букIарабали васият хъвалеб мехалъ.

Мисалалъе, кIалъазе лъалес абуни, хъванани: «Дица васият гьабуна Рамазание цо рукъ», чанго нугIги вачани, амма гьелъул баян гьабичIони, гьеб васият рикIкIунаро.

Васият хъварас нугIзазе баян гьабичIони хъвалеб васияталъул, гьесие гьел нугIзаллъун чIоларо.

(«ТухIфатул мухIтаж» «ХIашияту аш-Ширвани», бутIа 7)

Хварав чи чурун гIарац босиялде шаргIалъ щиб абулеб?

ШафигIиясул, Маликил ва АхIмадил мазгьабалъул гIемерисел гIалимзабаз жаназа чураралъухъ гIарац босизе хIалал гьабун буго.

Гьеб хIалтIухъ чIезабураб гIарцул къадар гьечIо. Жаназа чурулев чияс чи чурилалде цебе гIарцул къадар чIезабичIони ва кьураб къадаралдаги гьев разияв ватани, нилъерго ракI рекъараб жо кьела. Амма жаназа чурулес, чи чурилелде цебе гIарцул къадар чIезабуни, гьеб къадар гьесие кьезе тIалъула.

(«Мугънил МухIтаж»)

ХIамамалдаго (баня) хIажат тIубалеб бугони, гьениб какие чуризе бегьулищ?

Чвердолеб бакIалда хIажат тIубазе карагьатаб буго. Абу-Давудица бицараб аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Жидеца хадуб какие чуризе бугеб хIамамалда хIажат тIубаге. Щайгурелъул, гIемерисеб васвас гьелдасан буго», - ян.

Карагьатаб буго лъим яги къватIибе бачIараб жо нахъе унеб каратI батичIони. Амма нажаслъи къватIибе унеб каратI бугони, бегьунгутIи гьечIо.

(«Мугънил мухIтаж», «Танвирул къулуб»)

АлхIам цIалилалде цебе щиб цIализе лъикIаб бугеб?

Какилъе лъугьун, сура «ал-ФатихIалда» цебе, нилъедаго рагIуледухъ, цIализе лъикIаб буго важжагьту. Важжагьтуялъул руго чанго батIиял сигъабиги. Кинаб цIаланиги суннат тIубараблъун рикIкIуна.

АлхIамалда цебе Важжагьту цIалуларел чанго бакIалги руго. Масала, жаназалъул какилъ; имамасда хадуб как балаго, гьев рукугIалде иналде суратул «ФатихIат» цIализе заман гIолареблъи якъинго лъалеб бугони; важжагьту цIалиялдалъун какил заман борчIун кколеб бугони; жамагIат гьабун балеб какилъ кватIун гьезда хадув игIтидалалда (рахъун чIей) гуреб батIияб хIалалъулъ нахърегIани. Масала, гьел суждаялде ун ругони ялъуни АттахIиятуялда гIодор чIун ратани; какилъе лъугьун, АгIузуялдасан ялъуни жибго «ал-ФатихIат» цIализе жуваялдалъун, лъачIого цIалани.

Имамасда хадуб как балев ва гьесул каламги жинда рагIулев маъмумасе лъикIаб буго имамас цIалулелъухъ гIенеккизе букIине важжагьту хех гьабун цIалун бахъинабизе. Важжагьту цIализе лъикIаблъун бихьизабураб бакIалда маъмумас гьеб цIалила «ал-ФатихIаялда» хадуб сурат цIализе хадув гъолев гьечIониги.

(«ХIашият Ат-Тармаси»)

Мусру бачIого вукъарав чиясул, гьесда мусру базе, хоб бухъизе кколин абураб жо битIараб бугищ?

ШафигIил мазгьабалда бергьинабураб рагIиялда бан, мусру гьечIого вукъарав чиясул, гьесда мусру базелъун, хоб бухъизе хIарамаб буго.

Гьединго, хIарамаб буго хоб бухъизе вукъарав чи бихьинчи ватани, мусруялъул бакIалда бихьиназе ретIине хIарамаблъун бугеб дараялъулъ жемун вукъун ватанигицин.

(«ТухIфатул мухIтаж», «Аснал МатIалиб»)

ХIайван квегъулелъул чиясе зарал ккани, хIайваналъул бетIергьанас гьесие ккараб зарал бецIизе кколищ?

ХIайванал квегъулев чиясе, гьел квегъулаго зарал ккеялдалъун щибго жо бецIизе кколаро. Гьесул хIалтIи квегъичIел хIайваназда хурхараб букIиналъ, зарал ккеялда авалалдасанго хIинкъи буго. Гьединлъидал, хIайван квегъулаго зарал ккедал, квегъулесул рес букIунаро жиндиего ккараб зарал хIайваналъул бетIергьанасда бецIизабизе. Гьеб буго гьес лъан, бокьун жинцаго тIаде босараб хIалтIи.

(«Ал-Фатава Ал-МугIтамад»)

2026-03-15 (Шаввал 1447 с.) №6.


Муфтияталъул вакилзабазулгун дандчIвай

Буйнакск районалъул администрациялда тӀобитӀана районалъул бетӀерасул ишал тӀуразарулев Маликов Табиридаги гьенире рачӀарал Динияб идараялъул вакилзабаздаги гьоркьоб данделъи. Гьоркьор лъунги рукIана цадахъ рекъон хӀалтӀи гьабиялда хурхарал суалал. Данделъиялда гӀахьаллъана Буйнакск шагьаралъул ва...


Аварагас ﷺ гьижра гьаби

Гьижраялъул бицунелъул нилъеда лъазе ккола гьеб цIакъ захIматаб иш букIараблъи. Маккаялдаса Мадинаялде гIага-шагарго буго 450 километр. ХIежалде щведал нилъ Мадинаялдаса Маккаялде уна машинабаздаги рекIун ва нухда бала 7-8 сагIат, кутакалда сваказеги свакала. Гьанже хIисаб гьабе, багIарараб...


Хехдариялъ рачуна...

Хьул къотIи ккола тавакаллъи гьабиялъул тIубанго гIаксияб рахъ. Хьул къотIиялъ рухIги гIакълуги хвезабула. Напсалда хурхун абуни, гьелъ хвезабула жанисеб рахъалъул ТIадегIанав Аллагьасде ﷻ божилъи гьаби, Гьесие ﷻ мутIигIлъи, сабру гIадал муъминчиясул хасиятал.   ГIакълуялъул рахъалъ инсан...


ХIижабалъул хIакъалъулъ

Руччабазул «Марям» централда тIобитIана «Хиджаб: внутренний и внешний смысл» абураб темаялда анлъабилеб семинар.   Данделъиялда рорхана чIужугIаданалъул ретIел-хьиталда хурхарал кIвар бугел масъалаби, бицана хIижабалъул хиралъиялъул, чIужугIаданалъе гьелъул бугеб...


ХIурматиял лъимал!

Нужецаго рахъарал суратал, кучIдул ва цогидал жал гьаб номералде +7 988 458 16 63 ритIизе бегьула!     ГIабдулгъаниев Расул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдулкъадиров МухIамадрасул, 7 классалъул цIалдохъан, Хунзахъ росу. ГIабдурахIманов Сайфуллагь, 9 сон, ТIохьотIа...