Аслияб гьумералде

РачIа мавлид ахIизе

РачIа мавлид ахIизе

РачIа мавлид ахIизе
РачIа, лъимал, мавлид ахIизин,
Мавлая ссали бачинин.
ТIолго дунялалъул Авараг,
МухIаммад гьев нилъер сайид.
РачIа щукру гьабизин
Гьесул умматлъун нилъ рукIин!
Мавлая, ссалли васаллим даиман, абадан
ГIала ХIабибика, хайрил халкъи куллигьими!
РачIа, гьанже рахъинин,
АхIмадги кIодо гьавун,
Нилъ рахъинни гьесие гьитIин жо бугин!
РачIа, гьанже АхIмадиде салават битIизе.
Я нижер сайидун амир,
Къиямасеб къоялъ ниж кIочон тоге,
Нилъ гIалимзабиги гурин, рачIа салаватго битIизе!
Мавлая, ссалли васаллим даиман, абадан
ГIала ХIабибика, хайрил халкъи куллигьими!
Дур Авараг кIодо гьавун,
Ниж цIалдолел ругин,
Дуца, Аллагь, ниж рехун тоге!
Ар-РахIману РахIим Мун гурхIулев вугелъул.

Рукъият ГIабдулмажидова, Ахъайтала росу

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Баркала, лъикӏал гӏадамазе

Аллагьасул кумекалдалъун дицаги хъизан Бариятицаги исана хӏеж борхана.Тӏоцебе хирияб ракьалде сапар бухьунев щивав чиясул букӏунеб батила ургъел, рекӏел рахӏатхвей. Амма нижер къукъаялъе битӏккана: къукъаялъе нухмалъулев, Унсоколо районалъул Хъахӏабросулъа Гъазиясул Мухӏаммад-хӏажи ватана кутакалда...