Аслияб гьумералде

ТӀолгодунялалъул хӀижабалъул къо

ТӀолгодунялалъул хӀижабалъул къо

Дунялалъул гӀемерал улкабазда машгьураб байрам буго гьеб. Гьеб къо кӀодо гьабулел гӀадамазул аслияб къадар бусурбаби рукIаниги, цогидал диназул гӀадамазулги гьеб байрамалде интерес букӀуна. ХӀижаб ккола бусурбабазул руччабазул ретӀел-хьиталъул сипатазул цояб.

 

ЧӀужугӀадан хӀижабги ретӀун халкъалда цее яхъиналда тIасан букIуна батӀи-батӀиял харбал. Цоязе гьелъул щибго ургъел букIунаро, цогидаз гӀажаиблъи гьабун, хадуб балагьулел рукIуна. Цо-цоязулъ, хӀижаб ретӀарай чӀужугӀадан халкъалда цее, хӀалтӀуда яги школалда йихьиялъ, тушманлъи, ццим бахъин бижизабулеб букӀуна.

Гьел дандеккунгутӀаби хӀалу-цинарун руго халкъазда гьоркьосеб терроризм цӀикӀкӀиналъ ва гьезул вахIшиял ишал гIемерлъиялъ.

Насраниязул ва бусурбабазул вакилзаби цоцалъ рекъон рукӀине нух балагьизе Европаялда захӀмат буго, батӀи-батӀиял миллатазул ва диназул вакилзабазул гьоркьорлъаби гӀасрабаз чӀезарурал ва гӀуцӀарал Россиялда дандеккун.

Ригьалде рахаразда жеги бажарулеб бугониги батIи-батIияб культура загьирлъи, хасго диниял пикрабазда хурхарал, берцинго къабул гьарун, гIолохъанаб гIелалъул сверухълъиялда гьелъ хӀасил кьезе бегьула дагIба-рагIиялде бачараб.

Халкъалда гьоркьоб бугеб гьеб бичIчIунгутIи сабаблъун ккана Америкаялъул школалъул цIалдохъан, хадуб студенткалъун яхъарай Бангладешалдаса Назма Ханил къисмат. Гьединаб хIалалда бан, балугълъиялде яхарай гьей гӀаданалъул пикру ккана, ТӀолгодунялалъул хӀижабалъул къо, байрам хIисабалда, тIобитIизе кколин абураб пикру загьир гьабизе.

Гьеб тадбир гӀуцӀиялдалъун Назма Ханил мурад букӀана хӀижаб ретӀи террористияб гӀуцӀиялъул яги цо хасаб мазгьабалъул гӀаламат гуреблъи бихьизаби.

2013 соналда байбихьараб Назма Ханил хIаракат тӀибитӀана киса-кибего. Жакъа ХӀижабалъул къо кӀодо гьабула бусурбабазул улкабазда, гьединго, Россиялъул цо-цо регионазда.

 

Марям МухIаммадова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...