Аслияб гьумералде

Лъималазулъ бихьула

Лъималазулъ бихьула

Лъималазулъ бихьула

Щивав инсанасда талихI жиндирго лъималазулъ бихьула. ЛъикIал умумул, жидерго лъималазул гIумру ва букIинесеб талихIаб бугони, жидерго букIинеселъухъ балагьуларо. Гьезие бокьула жидерго лъималазул лъикIаб лъайги, гIадамазда гьоркьоб лъикIаб хьвада-чIвадиги букIине, хасго рогьо-ничалдаса цIунараллъун рукIине.

 

Исламалда цIикIкIараб кIвар кьола лъималазе тарбия кьеялде. МухIаммад Аварагас ﷺ абуна: «Нужер щивав вехьасул мисалалда вуго ва щивасдаса жиндир рехъадул жаваб тIалаб гьабизе буго», - илан. ЖамагIаталъул имам вехьасул мисалалда релълъуна ва жинда цебе бугеб халкъалъул жаваб тIалаб гьабулевлъун вукIуна. Гьебго мисалалда рукIуна лъималазул эбел-эменги, гьездаса жавабчилъиги тIалаб гьабула жидерго лъималазул хьвада-чIвадиялъул.

Имам Гъазалияс хъван буго: «ХIакълъунго, лъимал ккола цIакъ къиматал, багьа хириял ганчIал», - ян.

ГIемерав чи ккана балагьалъукье, гьелъие сабаблъунги рукIана гьезул умумул. Гьеб ккана тарбия кьеялъе ва гьединго диниял аслаби малъиялъе ва берцинаб тIабигIаталъе умумузул гьечIеб кIваралъ.

Имам Гъазалиясул рагIабаздасан ккола: «ГIумрудул авалалдаго эбел-инсуца кIвар гьечIого тарал лъималазулъ гIемерисеб мехалъ рижула къабихIал тIабигIатал, гьереси бицин, жахIда, цIогьоди, мацIихъанлъи», - ян.

Жиндир заманалда лъикIаб тарбия кьуни, гьеб киналдасаго цIунизе рес буго.

Аби буго лъимер ганчIида бикIараб накъищалда релълъараб жо бугин, лъималазул рацIцIадал ракIал къимат тIокIал жавгьарал кколин, щиб накъищ гьелда бикIаниги, гьеб къабул гьабизе хIадурал.

Эбел-инсуда лъазе ккола лъимадул гIумру ва рухIияб рахъ лъимадуе щолеб тарбиялда бараб букIин. Гьелъул хIакъалъулъ свалат-салам лъеяв Аварагас абун буго: «Лъимер бачIуна ракьалде бусурбанаблъун, амма хадуб эбел-инсуца гьавула гьев ягьудиявлъун, насраниявлъун яги хъанчазе лагълъи гьабулевлъун», - ян. (Бухари)

Гьеб хIадисалдасан бичIчIула лъималазул пикраби эбел-инсуда, гьез кьураб тарбиялда бараб букIин.

Щибха гьабизе кколеб лъимал тарбия щварал, адаб бугел ва гIамал берцинал лъугьине ккани?

Цин авалалда гьел хасиятал жалго умумузулъ рукIине ккола. Аслулъунги гьел хасиятазул букIине ккола щулияб кьучI – иман.

Ва жалго эбел-эменги рукIине ккола унго-унгоял бусурбаби, жидер рагIабиги пишабиги цоцалъ рекъарал. Бицен буго цо пуланав, цIакъго бацIцIадго диналъул тIалабал тIуразарулев чи гIемераб мехалъ вукIун вугила лъади ялагьулев. ГIилла цIехедал, гьес абурабила жив вугин букIинесеб лъимадуе эбел ялагьулевилан абун.

Лъалеб жо буго лъимадуе тарбия кьеялъулъ чIужугIаданалъул, ай гьеб лъимадул эбелалъул хассаб роль букIин. Гьелъ кьураб тарбиялда гIемерисеб бараб букIуна лъимадул букIинесеб. Нилъер гьаб заман буго нигIматал гьарзаяб, гIадамал ресалде рахараб. Гьел ресал лъималазе чIезариялъулъ бихьулеб буго эбел-инсуда жидерго аслияб мурадги. ТIубараб къоялъ гьел хIалтIулел руго кIи-кIи ва лъаб-лъаб бакIазда. ГIилла цIехедал, жавабги кьолеб буго жидее лъимал сундасаго хириял ругин, гьезул букIинеселъе гIоло захIмалъиги баччун бугин.

Щиб хIасилалдеха нилъ рачIунел ругел?

Лъимадуе гIоло абун тIубараб къоялъ хIалтIулей эбелалъул щиб пайда бугеб лъимадуе?

Рокъое щун хадуй гьелъие бокьизе бугодай лъимергун гIодойги чIун хабар бицине, школалда ккара-таралъул цIехезе, лъимергун цадахъ дарсал гьаризе, гIунгутIаби лъазаризе?

Дир пикруялда, аслияб анищ гьей гIаданалъул букIине буго хIухьбахъи, гьебги кIванагIан сас гьечIеб бакIалда.

Щибха гьабилеб эбел камураб лъимадуца? Гьелъие эбел хисула компьютералъ, телевизоралъ, телефоналъ. Тарбияги гьезго кьола. Гьеб буго нилъер заманалъул пашманаб хIакъикъат.

ГIемер заман инчIо Дагъистаналда ясазда гьоркьоб ккараб къецалъ бахъинабураб ахIи-хIуралъ. ГIадамал гIажаиблъизарун рукIана гьитIинал ясазул вахIшилъиялъ, хасго гьел исламияб къагIидаялъ ретIа-къан рукIиналъ. Щай нилъ гьелде рачIун ругел ва сунца гьелде рачун ругел? Аслияб гIилла – лъималаздехун эбел-инсул кIвар дагьлъун букIин, тарбиялъе гIолеб къадаралда кIвар кьолеб гьечIолъи.

Лъалеб жо буго тарбия гIицIго рагIудалъун кьолеб жо гуреблъи, лъималаз мисал босула эбел-инсул хьвада-чIвадиялдаса. Мисал босизе цере эбел-эменги гьечIони, къаси гурони гьелги рихьулел ратичIони, щалха чIолел гьезул бакIалда?

Лъалебанищ гьел улбузда, жидее ТIадегIанас хъвараб ризкъи жал гIемер хIалтIидал цIикIкIун ва рокъор чIедал къотIун букIунареблъи. БичIчIулебанищ гьезда лъималазда цадахъ бачIеб заман хадуб кинго бецIизе рес букIунареблъи.

ЦIакъго кватIизе гуринха…

 

 

Аслипат Гъанаматова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


Муса аварагасул гIанса Дагъистаналда

МахӀачхъалаялъул аслияб мажгиталда муъминзабазе рес щвана Муса аварагасул гIансаялъул кесек бихьизе. Гьеб асар цIунун буго Грециялъул Андрос чӀинкӀиллъиялда бугеб Никольскиясул монастиралда.   Гьеб асар Грециялдаса Кавказалде босизе кумек гьабуна Северияб Кавказалъул федералияб округалда вугев...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...