Аслияб гьумералде

ЦIали ахиралде щвана

ЦIали ахиралде щвана

Щуго сонил манзилалъул захIматаб нухги нахъа тун, напс квегъун, батIи-батIиял захIмалъабазде сабру гьабун, МахIачхъалаялда ГIайшат АхIматIиловалъул цIаралда бугеб  тIабигIат берцин гьабиялъул школалъул щуабилеб курсалъул ясал-мутагIилзабаз цIали ахиралде щвезабуна.

Гьеб рохел сабаблъун, берцинаб мажлисги тIобитIана МахIачхъалаялда. ГIумруялъул нухда чара гьечIого хIажатал насихIатал гьаруна мугIалиматаз мутагIилзабазе ва цIали лъугIаразе сертификаталги кьуна.

Улбуз жидерго разилъи ва баркала загьир гьабуна лъимазе гIелмуги тарбияги кьуразе. МутагIилзаби кIодо гьаризе рачIун рукIана гьалбалги. Гьезги цIакъ рекIелъе рортулел, берцинал рагIаби абуна.

Сон мутагIилзабилъун рукIарал ясал, метер жалго рукIине руго Ислам тIибитIизабиялъул церехъабилъун. Ин шаа Ллагь.

 

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


Аварагасул ﷺ ахирисеб васият

Как ккола диналъул бутIа ва ТIадегIанав Аллагьасулгун ﷻ бусурбанчияс гьабулеб бухьен. Гьеб ккола исламалъул шагьадаталдаса хадуб кIиабилеб рукну. Гьеб парзлъун бихьизабуна Авараг ﷺ МигIражалде вахараб сордоялъ.   Как буго хасаб даража бугеб гIибадат. Аллагьас ﷻ абун буго (магIна):...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Хваразде зиярат гьаби

МухIаммадамин ал-Курдияс «Танвирул къулуб» абураб тIехьалда хъвалеб буго: «Бихьиназе суннатаб буго бусурбабазул хабалазде зиярат гьабизе, хвелги ахиратги ракIалде щвезе, ракIалъул пасалъи къачIазе ва жинца цIалараб Къуръаналдалъун хварасе пайда щвеялъул мурадалда», -...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...