Аслияб гьумералде

Заманалъул къимат

Заманалъул къимат

Щибаб къоялъул ахӀи-хӀуралда, хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазда гьоркьоб нилъеда кӀочон тола бищунго кӀвар бугеб жо - абадияб рукъ къачIай. Амма ТӀадегӀанав Аллагьас, гӀорхъи гьечӀеб рахӀматалдалъун, Жиндирго Аварагасдалъун ﷺ ракӀалде щвезабулеб буго заманалъул къимат ва лъикӀал гӀамалал гьаризе гӀедегӀизе ккеялъул хӀажалъи.  МухӀаммад Аварагас ﷺ абун буго:

 

«Анкьго жо ккелалде лъикӀал гӀамалал гьаризе гӀедегӀе: мискинлъи бачӀун, мун кинабго жоялдаса махӀрум гьавизегӀан чӀоге, бечелъи бачӀун, къосинаризегӀан чӀоге, унтиялъ загӀиплъизавизегӀан чӀоге, херлъиялъ гIакълу загӀип гьабизегӀан чӀоге, ракIалдаго гьечIого хвел бачӀинегӀан чӀоге ва Дажал вачӀинегӀан чIоге яги Къиямасеб къо бачӀинегӀан, Къиямасеб къо дагьабги хӀинкъи бугеб ва кьогӀаб буго», - ян (Тирмизи). РачӀаха нилъеца гьелъухъ бутӀа-бутӀа гьабун халгьабизе, хас гьабун нилъеда, руччабазда, щиб хурхараб бугебали ва гьеб гӀакълу нилъер гӀумруялда жаниб кин хӀалтӀизабизе бегьулебали.

  1. Сундасаго махӀрум гьавулеб мискинлъи. Аллагьас нилъер хӀалбихьула гӀемерлъиялдалъунги хӀажалъиялдалъунги. ГӀарцуда барахщичIого, рес бугебгIанасеб мехалъ садакъа-хайрат гьабизе ккола. Нахъе лъун бахчичIого, кIвараб жо лъикӀал рахъазде буссинабизе хIаракат бахъила. Щукру гьабун, цIикIкIинабизе бажарарал киданиги махIрумлъиларо. Цогидазе кумек гьаби, гурхӀел-рахӀмуялъул гӀамал гуребги, Аллагьасулгун бухьен щулалъиялъе ва Аллагьасул разилъи щвеялъе нухги буго.
  2. Мекъи ккезавулеб бечелъи. Дунялалъ бецц гьаризе чIоге! Бечелъи - нигӀмат, амма гьеб букӀине бегьула хӀалбихьилъунги. Нилъее бокьараб жо нилъехъ бугеб мехалъ, бигьаго кӀочон тола Аллагьасда ва цогидазда цебе нилъерго жавабчилъи. Щиб магӀна бугеб нилъее, руччабазе, гьелъул? ГӀаданлъи ва баркала. Бечелъиялъ нилъ хисизаризе кколаро. РетӀел-хьиталъулъ, хьвада-чӀвадиялъулъ ва гӀумруялъулъ гӀаданлъи цӀуне. Кидаго ракӀалда чӀезабе нилъехъ бугебщинаб Аллагьасул сайигъат букӀин, гьеб нилъеца лъикӀлъиялъе хӀалтӀизабизе кколеблъи. Бечелъиялъ нилъ как баялдаса, Къуръан цӀалиялдаса ва цогидал рухӀиял ишаздаса рикӀкӀад гьаризе бегьула. Гьаб жо ккезе биччаге! Аллагьасе гӀибадат гьабизе заман бате, хIалтIи гӀемер бугониги.
  3. ЗагӀиплъизарулеб унти. Дурго сахлъиялъул къимат гьабе, гьеб бугебгIан мехалъ. Сахлъи ккола кӀудияб хазина, гӀемерисеб мехалъ нилъеца гьелъул къимат гьабуларо, нилъ гьелдаса махӀрумлъараб мехалъ гурони. Унтиялъ нилъ махӀрум гьаризе бегьула къуваталдаса, как базе, хъизамалъул тӀалаб-агъаз гьабизе, лъикӀал гӀамалал гьаризе кIвечIого букIине рес буго.
  4. Херлъиялъ мун загӀип гьавилалде гӀолохъанлъи гӀакълуялда хӀалтӀизабе. Гьеб тIаде щвелалде хIаракат бахъизе ккола умматалъул гӀумруялъулъ жигараб гӀахьаллъи гьабизе: гӀолохъанго ва къуват бугеб мехалъ, гьеб хӀалтӀизабе Аллагьасе ва Гьес бижараб жоялъе хъулухъ гьабизе. ГӀахьаллъи гьабе рахӀмуялъул проектазда, кумек гьабе къварилъиялда ругезе, тӀибитӀизабе гӀелму, гӀезаре лъимал исламалъул нухда.
  5. РакӀалдаго гьечӀого бачIунеб хвел. Бокьараб лахӀзаталде хӀадур рукӀа. Хвел ккола циндаго, цебеккун лъазабичӀого бачӀунеб жо. Нилъеда киданиги лъаларо кидал ахирисеб лахIзат букӀине бугебали. Даимго Аллагь разилъи тӀалаб гьабизе ккола. ТӀадегӀанав Аллагьасда цере бокьараб лахӀзаталда рахъине хӀадур ругеб къагӀидаялъ гӀумру гьабе. Как жиндир заманалда бай, Къуръан цӀале, дугӀа гьабе, мунагьаздаса цӀуне. ЛъикӀал гӀамалал нахъе те, мун хун хадуб щиб хутӀилебали пикру гьабе. Гьеб букӀине бегьула нужер ритӀухъал лъимал, пайдаял тӀахьал яги нужеца квербакъи гьабулел рахӀмуялъул гӀуцӀаби.
  6. Дажал. 7. Къиямасеб къо. Дажал загьирлъи ва Къиямасеб къо тӀаде щвей ккола рачӀине ругел лъугьа-бахъинал. Гьаб заманалда хасго кӀвар бугеб жо ккола щулияб иман букӀин ва дурго божилъиялда къвакӀун чӀей. Гьезде хӀадурлъизе ва хӀалбихьиязда дандечӀезе Къиямасеб къо гIагарлъиялъул гӀаламатал лъазаре. ТӀадегӀанав Аллагьасда гьаре мун Дажалил квешлъиялдаса ва Къиямасеб къоялъул вахӀшилъиялдаса цӀунеян. ДугӀаялдалъун ва зикруялдалъун Гьесулгун бухьен щула гьабе. ЛъикӀлъиялде ахӀе ва квешлъиялдаса гьукъе. Заман ккола бищунго къиматаб хазина.

Аллагьас кумек гьабеги заманалдаса битIун пайда босизе, лъикӀал гӀамалал гьаризе гӀедегӀизе, Гьесул разилъиги батун, Алжаналъул ахазде лъугьине ругезда гъорлъ рукӀине! Амин.

 

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Учительзабиги кIочон течIо

Хъайтагъ районалда тӀобитӀана РабигIул аввал моцӀалъе сайгъат гьабураб гӀелмияб мажлис. Гьелда гӀахьаллъана районалъул бетӀер ХӀасанов Запир; районалъул имамзабазул советалъул председатель - Салимов ГӀабдулла; Югалъулаб территориалияб округалда Дагъистан Республикаялъул муфтияталъул вакил Рамазанов...


ГIибадат гьабизе рес

ХIурматиял бусурбаби, гьале тIаде щвана хаслихълъиялъул къоял. БагIарараб рииги тIаса ун, гьогьомиялъ кверщел гьабуна ракьалда. Гьайгьай, сордоги кIодолъана, къоги саламатго гьитIинлъана. ГIибадат гьабизе заманги лъикIаланго эркенлъана.   БагIарараб риидалил гьитIинаб сордо бугеб мехалда...


Цоцазе мисал

Нилъер хъизам букIине ккола сахлъи бугеб щулияб жамгIияб гIуцIилъун. Рокъоб гIадлу гьечIони, хъизан-лъималаз гIумру гьабизе гьечIо исламалда рекъон, бажаризе гьечIо гьел лъикIал бусурбабилъун лъугьинарун.   Аслияб масъала буго Аварагасул ﷺ уммат гьоркьоса къотIичIого цIикIкIунеб хIал...


Муфти дандчIвана Сулеймангун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица, ГӀиса аварагасул цIаралда бугеб централда къабул гьавуна Гъарабудахкент районалъул Параул росулъа гӀараб каллиграфиялъул устар Аширлаев Сулейман. Гьес сайгъат гьабуна хирияб Къуръаналъул жинцаго квералъ хъвараб, цогидаздаса батӀияб нусха. ГӀага-шагарго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...