Аслияб гьумералде

ХӀижабалъул фестиваль

ХӀижабалъул фестиваль

Гуманитариябгун педагогикияб колледжалда тӀобитӀана хӀижабалъул къоялда хурхун байрам. Школалъул нухмалъиялъул гьариялда рекъон, гьеб тадбир гӀуцӀана ДРялъул муфтияталъул руччабазул лъай кьеялъул управлениялъ.

 

Байрамалъул программаялда рукӀана нашидал ахIулезул церерахъинал, интерактивиял презентациял, викторинаби ва хIижаб берцинго ретӀиялъул мастер-класс.

«Гьел гӀадал тадбиразул кӀудияб кӀвар букӀуна, щайгурелъул, гьез кумек гьабула ясазда хӀижабалъул гъваридаб бичӀчӀи щвезе», - ян абуна колледжалъул мугӀалим Хадижа ГӀабдулаевалъ.

Бусурбабазул руччаби цӀуниялъул ва эркенлъиялъул гӀаламат хӀисабалда хӀижабалъул тема баян гьабиялъ кумек гьабула гӀолилазе гьеб кӀвар бугеб динияб сипаталъул букӀине кколеб бичӀчӀи цебетӀезабизе.

 

Марям МухIаммадова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Нужее баяналъе

Ирс щолел чагIазул хIакъалъулъ баян щиб сураялда рехсараб? – Сура «Алу ГIимраналда». Щиб сураялъ баянго рехсараб Бадруялъул гъазават? – «Анфал» сураялъ. Юсуф аварагасда макьилъ бихьараб бакъулги, моцIролги, анцIила цо цIваялъулги магIна щиб...


ГIагарасдасаги гIагарав

Умумузул аби буго рикIкIад вугев гIагарав чиясдасаги аскIов вугев мадугьал лъикIавилан абураб. Щайин абуни, гьесул кумек цIикIкIун щолеб букIун рикIкIада вугев гIагарав чиясдасаги.   Аварагас ﷺ абун буго, Жибрил малаикас гIемер мадугьаласул хIакъ цIуниялъул бициналъ, жинда кколеб букIанин...


Малик ибну Динар

Малик ибну Динар Абу ЯхӀя ал-Басри ккола табигӀиназул щуабилеб кьералъул чи. Гьев гьавуна ибну ГӀабасил заманалда ва цӀалана Анас ибн Маликида цеве, гьесдасан хӀадисалги рицана.   Бухарияс, Абу Давудица, Тирмизияс, ан-Насаица ва ибну Мажагьица тIахьазда рехсана Малик ибну Динаридасан рицунел...


ЦIияб мина

ЦӀияб-ЦIиликь росулъа МухIаммадовазул хъизамалъе щвана цӀияб мина. Ихдал лъим кIанцIун хадуб гьеб хъизам хутIун букIана рукъги гьечӀого. Цогидазего гIадин «Инсан» фондалъ тIаде босана гьезие мина баялъул и шва къокъабго заманалда жаниб рагIалде бахъинеги гьабуна. Гьединаб иш...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...