Аслияб гьумералде

Ццим бахъиндал...

Ццим бахъиндал...

Ццим бахъиндал нилъеца щай гьеб цересел чагIазда бецIулеб ва психологиялъгун Къуръан-суннаталъ щиб абулеб гьеб рахъалъ?

 

Цо-цо мехалда чIужугIаданалъ хIаракат бахъула тIубараб къоялъ сабру гьабизе: лъималазул тIалаб-агъаз гьабула, рукъалъул хIалтIаби гьарула, хIалтIуде уна, гIагарлъиялъулгун бухьен ккола. Амма къаси росас кьола гIадатияб суал ва щола кьварараб жаваб. Яги гьей берцинго кIалъала чияр лъималазда, амма жиндиргоязда абула хадуб ракIбухIулеб жо.

 

Психология: кидаго гуро стересс хутIулеб

Гьединаб жоялда психологаз абула «гIумруялъул цо рахъалдаса цогидаб рахъалде стресс кьей» абун. Рос-лъадуда гьоркьор гьарурал цIех-рехаздасан бихьулеб буго щибаб къойил стресс ккей букIин рос-лъадуда гьоркьоб дагIба-рагIи цIикIкIиналъе сабаблъун. Гьединлъидал, цо-цо мехалда инсанасул реакция букIуна щуго минуталъ цебе ккараб жоялде гуребги, цебего ккараб ракIалде щвеялдеги. Гьелъул хIасиллъунги букIуна тIубараб къоялъул свак. Амма гIилла бичIчIиялъ ритIухъ гьабуларо хъачIлъи. Нилъ свакан, ццим бахъун ратизе бегьула, амма нилъеца нилъерго рагIабазул жавабчилъи тIаде босизе ккола.

 

Хасияталъул бицунге, масъалаялъул бице

КIудияб батIалъи букIуна рагIабазул дандраязда гьоркьоб. Масала, «жакъа рахь босизе кIочон тун буго дуда» ва «дуда киданиги щибниги ракIалда букIунаро! Мун божилъи гьабизе бегьулев чи гуро», - ян абураб калима дандеккве.

ТIоцебесеб хIалалда гьоркьоб лъола хасаб иш. КIиабилеб нухалда инсанасул хасияталде тIадекIанцIи гьабула. Гьединал рагIабаз гьоркьоблъи хвезабула ва лъугIел гьечIел къецазул силсилаялде нух рагьула. Гьединлъидал, «дуца дие киданиги кумек гьабуларо» абиялъул бакIалда абизе лъикIаб буго: «Дун жакъа унго-унголъунги свакан йиго, дие дур кумек хIажат буго», - ян. БадибчIвай гьабиялъул бакIалда берцинаб рагIи абиялъ ва къваригIараб тамахго гьариялъ кумек гьабила рокьиги цоцаздехун берцинаб бербалагьиги цIунизе.

 

Ццималъул хIакъалъулъ

Аллагьас абулеб буго: «...жидер ццим бахъиналда тIад кверщел бугел ва гIадамазда тIаса лъугьунел. Аллагьасе рокьула лъикIлъи гьабулел чагIи», - ян (Къуръан, 3:134). Аварагасда ﷺ цо чияс гIакълу цIехедал, гьес абуна: «Ццим бахъунге», - ян. Гьев чияс гьари такрар гьабуна ва Аварагас ﷺ нахъеги абуна: «Ццим бахъунге», - ян (Бухари).

Гьеб кколаро кинаб бугониги ишалъе гIоло ццим бахъине бегьуларин абураб жо. Ццим бахъин ккола инсанасул рекIел хIал. Чи ругьунлъизе ккола жиндаго кверщел гьабизе. Аварагас ﷺ абуна: «КъвакIарав чи кколаро чорхол къуваталдалъун гIадамазда тIад бергьенлъи босулев чи. Къуватав чи ккола ццим бахъараб мехалъ жиндаго кверщел гьабизе кIолев чи», - ян (Бухари).

 

Ццим бахъиндал щиб гьабилеб?

Аварагас ﷺ абуна: «ЛъикIаб бице яги вуцIцIун чIа», - ян (Бухари). Нилъеда ракIалде кколеб батани, рекIее гIолареб жо абизе бегьулин абун, нилъеца парахатго абизе бегьула: «ГьабсагIат дун цIакъ ццидахун йиго, хадуб кIалъазе рачIа», - ян.

КIиабизе, дурго чорхол хIал хисизаби. Аварагас ﷺ ццим бахъарав чиясде амру гьабун букIана, вахъун чIун вугони гIодов чIаян, гIодов чIун вугони, вегаян абун (Абу Давуд).

Лъабабилеб, Аллагьасде руссин, агIузу бахъун, шайтIаналдаса цIуни тIалаб гьаби. КьучIаб хIадисалда Аварагас ﷺ гьеб бихьизабуна ццим бахъиналъе дару хIисабалда.

Ункъабилеб, хирияв чиясул лъикIлъаби кIочон тоге. Ццим бахъараб мехалъ, нилъер кIвар буссун букIуна ццим бахъинабулеб жоялде. Нилъеда кIола кIочон тезе инсанас нилъее гьабураб лъикIлъи. Амма Аварагас ﷺ абуна: «Муъминчиясда рихунге муъминай чIужугIадан: гьелъул цо хасият гьесие бокьулеб гьечIони, цогидаб хасияталдаса гьев разилъила», - ян (Муслим). Инсанасулъ бугеб цо гIунгутIиялъ гьесул киналго лъикIлъаби кIочон тезе бегьуларо.

 

Щиб гьабизе кколеб?

Дудаго гIайибчIваялда къокълъун чIоге. ГъалатIалъе мукIурлъизе лъикIаб букIуна: «Дун ццидахун йикIана ва мун дуда кIалъараб къагIида мекъи букIана, тIаса лъугьа дидаса», - ян. Цинги дудаго гьикъе, сунца дун гьаб хIалалде ячуней йигей? Свакан ятила. Парахатаб гара-чIвари гьабичIого заман ун батила. Аллагьасдаса кумек тIалаб гьабизе кIоченаро.

 

Бищун лъикIаб гьоркьоблъи рокъоб букIуна

Аварагас ﷺ абуна: «Нужер бищун лъикIав вуго жиндирго хъизаналдехун бищунго лъикIаб бербалагьи гьабулев чи, дунги вуго нужер бищунго лъикIав дирго хъизаналдехун», - ян (Тирмизи). Гьеб ккола нилъер тIабигIат унго-унголъунги загьирлъулел бакIазда хасияталъул хасго кIвар букIин ракIалде щвезабулеб жо. Нилъеда кIола лъаларел чагIазда цебе адаб-хIурмат гьабизе, амма рокъоб, гьоркьоса къотIичIого, гIаданлъи гьечIого рукIине. Исламалъ нилъеда малъулеб буго гIагарлъиялъул адаб-хIурмат гьабизе.

 

ХIасил

Нилъеда кIоларо свакалдаса, стрессалдаса ва дагIба-рагIиялдаса рорчIизе. Амма нилъеда бичIчIизе ккола ццим бахъине байбихьараб лахIзат. Гьеб мехалда сихIкъотIун чIа ва абе: «АгIузу биллагьи минаш-шайтIани рражим», - абун. Ва хадуб гара-чIвариялде тIадрусса, цоцаца хIакъир гьаричIого, гIайибал чIвачIого. КIалгьикъиялъул бакIалда гьикъе дудаго: «Кин дица гьеб суал тIубазабизе бегьулеб, гара-чIвариялдаса хадуб нилъ берцинаб гьоркьоблъиялда хутIулеб хIалалъ?» - ян.

 

Хадижат Хизриева

2026-09-15 (РабигIул ахир 1448 с.) №18.


Гъваридаб лъай

Гьале тIаде щвана цIалул заман. Киналго лъимал школаздеги, студентал цIалул идарабаздеги хьвадун байбихьула жидерго лъай цIикIкIинабизе. Исламалда лъай тIалаб гьабиялде кьола бищун цIикIкIун кIвар. Гьелде тIоритIел гьабулел аяталгун хIадисал гIемерал руго. Цересел номеразда гьелъул хIакъалъулъ...


Нужее баяналъе

Авараг гьавураб сон щиб сон букIараб? – Пилалъул сон. Пилалъул сон абун щай гьелда цIар тараб? – Гьеб соналъ Абрагьат аскаргун ва пилалги рачун КагIба биххизе вачIун вукIана. Аварагасе ﷺ кьураб бищун кIудияб мугIжизат щиб букIараб? – Къуръан. Муса аварагасул...


Аллагьас ﷻ цIунула

Балагь, рекIее хIалхьи толарел ахIвал-хIалал ва захIмалъаби тIаде рачIуна нилъер щивасде. Гьаб дунялалъул рукъ гьедин гIуцIарабги буго. Амма нилъер гIумруялъул аслулъун бугеб мурад ва гьаб дунял жидее щиб бакI бугебали бичIчIи бугез дандчIварал къисматалъул киналго захIмалъаби къвакIун хIехьола....


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Якьадги росги   Дир якьадалъе бокьун букIана жиндирго квартира къачIан лъугIизабизе ва гьелъ нижеда гьарана кумек. Дир росас, дидаги гьикъичIого, хIажатаб гIарац къарзалъ кьуна. ЛъагIел ана ва гьеб гIарац нахъбуссинабизе гIедегIунев чиги гьечIо. Дир рос нечола ракIалде щвезабизе ва дида...


Авараг ﷺ лъай – гьев вокьи

Аллагьасул Аварагасде ﷺ бугеб рокьиялъ гьесул асхIабзабазул ракIазулъ хасаб бакI кколаан. Гьеб рокьи гьез загьир гьабулаан рагIудалъун ва пишабаздалъун гуребги Аварагасул ﷺ къадру цIунулел, гьесул лъикIлъаби рицунел, гьесул тIокIаб гIамал-хасият беццулел шигIрабаздалъунги.   АсхIабзабазда...