Аслияб гьумералде

Сахаватлъи бихьизабуна

Сахаватлъи бихьизабуна

Сахаватлъи бихьизабуна

Казбек районалъул Дилим росдал руччабаз, иргадулаб нухалда, жидерго сахаватлъиялъул каваби рагьун, исламалъул берцинлъи бихьизабуна.

 

КIиго анкьида жаниб 4 500 000 гъурущ бакIарана росулъ бугеб ясазул мадрасаялъе балеб бугеб цIияб корпус лъугIизабиялъе. Мал-мулкалда барахщичIого, Аллагьасул разилъи тIалаб гьабурал диналъул яцазе, 6 октябралда росулъ гIуцIун букIана гIелмияб мажлис. Пайдаял насихIатал щвеялда цадахъ, залалда гIодор чIаразе рес щвана Мухаммад Аварагасул ﷺ гIумруялъул къокъаб баян бихьизабулеб театралияб постановкаялъухъ балагьизе.

БатIи-батIиял сайгъатал кьуна викторинаялда суалазе жавабал кьуразе. ГIумраялде Аллагьас ахIарай диналъул яцалъе рохалилаб путевкаги бергьана.

Мадрасалда тIоцере цIалулел рукIарал ясаз, жидее рухI кьун хIалтIарай тIоцеесей директор Кинайнат Хасбулатовна сценаялдеги ахIун, баркала кьун кIодо гьаюна. Гьединго жидер тIоцеесей мугIалимат Аминат Ашдаевалъеги баркала загьир гьабуна. Гьединал баракатал мажлисал гIемер гьаризе тавпикъ кьеги Аллагьас.

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...