Аслияб гьумералде

Хъаравул гIадин йикIина

Хъаравул гIадин йикIина

Хъаравул гIадин йикIина

«ЧIужугIаданалъул ургьибе лъимер ккедал, щибаб къойил гьелъие хъвала къоялъ кIал ккурав, къаси сордо рогьун какал ралев чиясего гIадаб кири. ХIарачIвараб мехалъ гьелъие хъвалеб кирийин абуни, гIицIго ТIадегIанав Аллагьасда гурони лъаларо. Лъимер гьабун хадуб, керен хахулаго гьелъул ургьибе ккараб щибаб къатIра рикIкIун, хварав чи чIаго гьавурабгIанасеб кири щола». (ХIадис бицана ГIабдурахIман ибн ГIавфица).

 

Щияй чIужугIаданалъ бищун кIудияб талихIлъун рикIкIунеб лъимер бижи – Аллагьасул рахIматаздасан цо рахIмат буго. Гьеб нигIмат кьун кIодо гьаюрай бусурбанчIужуялда, тIоцебесеб ирагаялда, кIочене бегьуларо щукру гьабизе. Чанги аза-азар руччаби руго лъимералъухъ урхъун, амма гьелдаса махIрумго хутIун. ЧIужугIаданалъул рижиналъулъго бугеб лъималаздехун рокьиги, гьездехун бугеб гъираги тIубазабун, гьелдалъун йохизаюрай гIечIого, БетIергьанас, Жиндирго гIорхъи гьечIеб сахаватлъиялдалъун, лъимадуе йигей гIаданалъе кьолел руго чIахIи-чIахIиял кирабиги даражабиги. ИчIабго моцI гьелъие гIибадатлъун хъвалеб буго. Лъимер гьабураб сагIаталъги, гьеб лъимерго гIадин, гьей Аллагьас мунагьаздаса яцIцIад гьаюлей йиго.

Ургьибе лъимер ккаралдаса нахъе, йикIинесей эбелалде тIаде бачIуна кIудияб жавабчилъиги. Лъимералда бичIчIула эбелалъул рекIел хIал, сверухъ лъугьа-бахъунеб бугеб жо, жиндехунго бугеб рокьигун рокьукълъи. Гьеб киналъго гьелъул сахлъиялъе ва психикияб хIалалъе асар гьабула. КIванагIан мунагь-хIарамалдаса рикIкIалъун, хIалалаб гурони кваначIого йикIине ккола.

Жеги хIаракат бахъила гIибадаталда тIадчIей гьабизе, Къуръан гIемер цIализе, гьелъухъ гIенеккизе, салават битIизе, лъикIал гIадамазул, аварагзабазул, асхIабзабазул, вализабазул гIумрудул къиссаби цIализе.  Лъимер лъикIаб, иман щулияб лъугьагиян гьарила Аллагьасда.

Чара гьечIого, гIемерисеб жо бараб буго эбелалда. Цо чияс хIакимасда цIехедал, жинца лъимералъе тарбия кьезе кида байбихьизе кколебилан, гьес жаваб кьун буго, гьелъие эбел йищулаго байбихьизе кколаанин.

Аварагас ﷺ абуна: «ЧIужугIадан, лъимер ургьиб бугеб мехалъ, гьединго, гьелъие керен кьолеб бугебгIан заманалъ, Аллагьасул нухда вугев хъаравул гIадин йикIуна. Гьей гьеб заманалда жаний хвани, шагьидасул кириги буго гьелъие» (ТIабарани).

Цоги хIадисалда, руччабаздехун хитIаб гьабун, Аварагас ﷺ абун буго: «Нужер щияй йохун йикIинарищ, нужер росасдаса лъимер бижараб мехалъ ва гьесул разилъиги щведал.  Щибаб къойил кIал ккурай ва къаси къижичIого, какал ран, сордо борчIун Аллагьасул нухда йикIарай гIадин кириги хъвала. ХIарачIвараб мехалъин абуни, я дунялалда, я зодор ругезда лъаларо, Аллагьас гьелъие хIадурарал хазинабазул, кириялъул къадар. Лъимер гьабун хадубги, гьелъ хахараб щибаб къатIра рикIкIун кири хъвала. Лъимералъ, гIодун, сардал рорчIизе тIамидал, Аллагьасул нухда 70 сахав лагъ тархъарав кири хъвала. Гьелги ккола гьел руччаби, Аллагьасе ва росасе мутIигIал, жидеца гьабураб лъикIлъи кIочене толел» (ТIабарани). «КIочене толел» абураб рагIиялде кIвар кьечIогоги рес гьечIо. Щайгурелъул, чанги соназул жиндирго хIаракатчилъи хвезабизе кIола чIужугIаданалда цо лахIзаталда жаниб, бадибчIваялдалъун.

Кинниги, диналъул яцал, къинаб заман гIемераб захIмалъи бихьулеб жо бугониги, гьелъухъ щолеб кири бихьун, сабру гьабизе рекъараб буго. Аллагьасул рахIмуялъул гIорхъи гьечIо. Лъимералда малъарабщинаб жоялъухъги кири хъвалеб букIуна. Гьелъ гьабураб лъикIлъиялъухъ кириги эбел-инсуеги букIуна.

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Гъапуллъуге

Нилъеца гьаб дунялалда чан сон баниги, мурад буго гIумрудул ахиралда иманалда, исламалда, калиматул шагьадаталда рухIги иманалда бахъун дунял тей.   Хвезе рукIинги хIакъаб бугелъул, кинабниги жо Аллагьас сабабаздаги базабун бугелъул, иманалда хвезе ккани, гьелъиеги тIахьазда рихьизарурал...


Ансаразул сайид

СагIд ибну ГIубада Ансари вукIана хазражазул къавмалъул бетIергьан. Аварагасе ﷺ байгIат гьабурал руччабазда гьоркьой йикIана гьесул эбел ГIамрат бинт МасгIудги. Гьей хвана Мадинаялда, Аварагас ﷺ гьижра гьабун хадуб щуабилеб соналъ.   Жагьилияб заманалда СагIд ибну ГIубада вукIана лъикIав...


Хунздерил мажлис

Дагьал церегIан къоязда МахIачхъалаялда тIобитIана Хунзахъ районалдаса руччабазул мажлис. Гьелда гIахьаллъи гьабуна Хунзахъ районалъул имамзабазул советалъул председатель АхIмад МухIумаевас, росдал имам МухIаммадгIариф МухIаммадовас ва цогидазги. ЦIакъ берцинго нухда бачараб гьеб мажлисалда...


«Аварагасул ﷺ ирс» фильмалъул цебелъей

Инхо росулъа шайих ГӀабдулхӀамид-афандиясул гӀумруялъе ва рухӀияб ирсалъе сайгъат гьабураб «Аварагасул ирс» абураб фильмалъул цебелъеялда гӀахьаллъана Дагъистан Республикаялъул муфти, шайих АхӀмад-афандиги. Гьеб тадбир тIобитIана «Россия – дир тарих» абураб тарихияб...