Аслияб гьумералде

Карисса Ламкахуан, США:

Карисса Ламкахуан, США:

«Дие хӀижаб ретӀия-лъул хӀалбихьи щвана ислам къабул гьабилалдего. ЛъагӀелгун бащдаб заманалъ диналъул цӀех-рех гьабуна. Хасго интерес букӀана руччабазда хурхарал суалазул. Гьеб рахъалъ бищунго цебечӀараб гӀаламатлъун ккола хӀижаб. КватӀичӀого дун тӀуянго хӀайран-лъизе байбихьана хӀижаб ретӀарал руччаби рихьидал.

 

Дица байбихьана исламалъул тӀахьал ричулеб тукабазде хьвадизе. Заманалдасан кӀвар буссана исламияб ретӀел бичулеб бакIалде. Ахир-къадги босана ва ретIана.

Гьеб букӀана гӀадатияб, байбихьулев чиясе къазе цӀакъ бигьаяб. Гьениб цо гӀажаибаб жо ккана. Дидаго берчӀвайдал цере рачIана телевизоралдасан рихьизарулел рукIарал, хIижаб къарал руччабазда хурхарал, квешал харбал. Гьеб киналъго асар гьабуна хӀижаб къабул гьабиялъеги.

Гьелдаса хадуб 2-3 моцIидаса цIидасан хIижаб къазе хIалбихьана. Нахъеги тукаде ун, жеги берцинал ва дирго ракI рекъарал кIазал росана. Байбихьана гьелги къан хIалтIуде хьвадизе. Росасдаги дун йичIчIана, кIверчIвай гьабуна.

Цинги хӀукму гьабуна абадиялъего гӀумру хисизабизе ва ислам босана. АльхӀамду лиЛлагь!

Гьале жакъасеб къоялъги хӀижабалъ дие кьола къадру-къимат ва хӀинкъи гьечӀолъи, гьелъие гӀоло дица рецц гьабула ТӀадегӀанав Аллагьасе. Дие бокьун буго гьебго парахалъиялъул асар жеги черх бахчизе хӀукму гьабичӀел яцазе гӀагараблъун ва бичӀчӀулеблъун лъугьине. Дида лъала цо-цо мехалда захӀмат букӀунеблъи. ИншааЛлагь, нилъеда киназдаго батила Аллагьасул амру тIубаялде нух».

 

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Аварагасул ﷺ гIумруялдаса

МухӀаммад авараг ﷺ ккола ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ тӀаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьесул тIокIлъиялъе гӀоло ТӀадегӀанав Аллагьас ﷻ рухӀал рижараб къоялъ, цогидал аварагзабазеги щвана авараглъиялъул бутӀа ва гьел лъугьана инсанияталда гьоркьоса тӀаса рищараллъун.   МухIаммад...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Суал-жаваб

Лъималазда ццим бахъиндал гьабураб хьами къабуллъизе рес бугищ? Аварагасул ﷺ хIадисазда гIемер ратула эбел-инсуца лъималазе гьабураб дугIа Аллагьас ﷻ къабул гьабулин абун. Гьединлъидал, ццим бахъараб мехалъ абураб бугониги, къабуллъизе рес буго. Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Лъабго...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...