Аслияб гьумералде

«КӀодоэбел, эбел ва дун»

«КӀодоэбел, эбел ва дун»

«Россия - Дир тарих» абураб мультимедиялъулаб тарихияб паркалда тӀобитӀана «КӀодоэбел, эбел ва дун» абураб хъизамалъулаб къец.

 

ХӀижабалъул къо кӀодо гьабун тӀобитӀараб гьеб тадбир гӀуцӀана ДРялъул муфтияталъул руччабазул лъай кьеялъул управлениялъ, «Марьям» абураб руччабазул рухӀияб ва «Гьидаят» абураб лъай кьеялъул центразгун цадахъ.

Творческияб къецалда гӀахьаллъана хъизамалъул щуго команда. Гьениб гӀахьалчагӀаз бихьизабуна жидерго рокъоб гьабулеб хӀалтӀул ва кверзул махщел, программа лъугӀана творческияб къецалдалъун.

ТӀоцебесеб бакӀ ккуна Болъихъ районалъул РахатӀа росдал командаялъ. КӀиабилеб бакӀ щвана Шамил районалъул ТӀелекь росдал командаялъе. Лъабабилеб бакӀ - Унсоколо районалъул Унсоколо росдал командаялъе. Шамил районалъул ГIурада росдал командаялъе щвана «Залалъул тӀасабищи» абураб хасаб премия.

Конкурсалъул аслияб мурадлъун, гӀуцӀарухъабаз абухъе, ккола Дагъистаналъул хъизамалъулал гӀадатал цӀигьари ва цӀуни, гIагарлъи щула гьаби. ГӀун бачӀунеб гӀелалъе исламалъул рухӀалда ва умумузул маданияталъул къиматалда нахърилълъун тарбия кьей.

 

Марям МухIаммадова

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Муфти дандчIвана Жиддаялда вукIарав консулгун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афанди дандчIвана Жидда шагьаралда бугеб Россиялъул генералияв консуллъун хIалтIарав Багьавудин ГIалиевгун. Багьавудиница АхIмад-афандида баркана гьавураб къо ва гьарана лъикIабщинаб. Гьединго гьез бицана жакъа дандчIвалел ругел захIмалъабазул, гьел тIуразе...


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


ТIаса ине гурин

НигIматалде гIадамал хехго ругьунлъула. Дагьалъ цере хIажалъиялда рукIун, Аллагьасдаса кумек гьарун, захIмалъаби рихьун, жидерго ахIвал-хIал хисиялъул анищазда хьулалда рукIана. Амма гьоркьоб заман уна, ТIадегIанав Аллагьас гьезие талихIги, сахлъиги, гIелмуги, адаб-хIурматги кьола, цинги...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...