Аслияб гьумералде

Ингердахъ - руччабазул мадраса рагьана

Ингердахъ - руччабазул мадраса рагьана

Гьал къоязда мадраса рагьиялда хурхун рохалилаб мажлис тIобитIана ГIахьвахъ районалъул Ингердахъ росулъ.

 

Мунагьал чураяв Цевехъанил вас АхIмадица, жиндирго инсул букIараб мина кьуна мадраса базе. Гьеб цIигьабун базе хIаракат бахъана гьелъул байбихьуда имамлъун вукIарав Къурбанил Рамазаница. БатIи-батIиял гIиллабаздалъун дагьаб халат бахъаниги, гьале гьанже росу бакьулъ буго руччабазе бараб кIудияб мадраса.

Гьеб базе ва рагIалде бахъинабизе квербакъи гьабуна росдал гIадамазги Сулеймановазул хъизамалъги.

Мажлисаялда кIалъазе яхъарай Чакарица данделъаразда баркана цIияб мадраса рагьи ва абуна гIелму лъазабиялде кIвар кьезе ккелилан.

ГIемераб лъикIабщиналде кантIизарулеб вагIза-насихIат гьабуна росдал имам, МухIамадил вас Дибирица.

Ахиралда Хадижат мугIали-матуналъ росдал руччабазе данделъи гьабуна ва мадрасалде цIализе хьвадизе ругел руччабазул сияхI гIуцIана.

БукIана гьениб цо рекIее гIолареб жоги. БацIцIадаб магIарул мацI бицунеб росулъ мажлис гIурус мацIалда бачиналъе гIилла кинго бичIчIичIо. Хьул буго хадубккун гьедин букIине батиларин абун.

Мадраса базе кумек гьабуразе баркала загьир гьабун кIалъана руччабазул цеехъан ХIажиясул ПатIина, гьелъ киназего дугIаги гьабуна.

 

Эбечо ГIазизова

 

 

 

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...


Бекилалде бухьине ккола бетIер

ХIурматиял бусурбаби, лъимал руго нилъехъе Аллагьас кьураб аманат. Нилъеца гьезие кьезе ккола битIараб, лъикIаб тарбия. Гьединго нилъеда тIадаб буго гIун бачIунеб гIелалъе исламияб лъай кьезеги. Гьелъие гьаб заманалда цIакъ гIатIидал ресалги руго. Щибаб мажгиталда руго лъималазда Къуръан ва...


Эмен – лъимадуе шайих

Эмен. Гьеб буго цIакъ кIудияб магIнаялъул рагIи. Эмен ккола лъималазул тIалаб гьабулев, гьезие гIоло гIумру кьолев, лъималазул иманалъул ва яхI-намусалъул жавабчилъи тIаде босулев чи.   Нилъер диналда инсул къадруялъул гIемер рехсей буго Къуръан-хIадисалда. ГIабдуллагь ибну ГIамридаса...


ЦIоросаролъ

ЦIоросаролъ ккола ракъи буссинабулеб ва халкъалда гьоркьоб машгьураб нигIмат. Гьелъулъ белок, клетчатка, витаминал ва минерал гIемер руго. ХIалакълъизе хIаракат бахъулел гIадамаз гьикъула, диетаялда вугеб мехалда цIоросаролъ кваназе бегьулищин абун.   ЦIоросаролъалъ кумек гьабула гIорцIизе....


Хьаргаби районалде щвана гIалимзаби

Дагъистан Республикаялъул ГӀалимзабазул советалъул председателасул ишал тIуразарулев МухӀамад КъахIибил бетӀерлъиялда гъоркь, Хьарагаби районалде рачIун рукIана ГӀалимзабазул советалъул вакилзаби. Гьел щвана КъахIиса ХӀасан-афандил цIаралда бугеб мадрасалде ва гьенир дандчӀвана бакӀалъулал...