Аслияб гьумералде

РахIат гьабуралъухъги – харж

РахIат гьабуралъухъги – харж

РахIат гьабуралъухъги – харж

Щай Генри Фордица жиндирго хIалтIухъабазе рахIат гьабиялъухъ гIарац кьолеб букIараб?

 

Генри Фордил цо заводалда, гIунгутIаби, жагъаллъаби къачIалеб бригадаялъе гIарац кьолеб букIун буго хIалтIухъ гуреб, рахIат гьабулеб заманалъухъ. Гьезул хIухьбахъиялъул рокъоб букIун буго багIараб чирахъ, щиб бугониги жо хвараб, жагъаллъараб мехалъ бакулеб. Гьеб бакун бугебгIанасеб мехалъ, гьезул харж рикIкIунеб счетчик чIолеб букIун буго. Гьединлъидал, хIалтIухъабаз кидаго гIедегIил гьабулеб букIун буго кколеб хIалтIи кIванагIан хехго гьабизе ва цIидасан гьебго гIунгутIиги ккун, чирахъ бакичIого букIине, кIванагIан лъикIги гьабулеб букIун буго.

Инсанасул тIабигIаталъулъ бугеб рахIат бокьи гьес пайдаяб хIалалъ хIалтIизабун буго. Нилъедаги кIола, диналъул яцал, гьедин дагьаб хIиллаги хIалтIизабун, лъималазул цIалуде яги хIалтIи гьабизе гъира базабизе. ГIемерисел улбузул гIарз букIуна, лъимал телефоналда жанир къан рукIунин абун. Гьезде рагъун, гьел рухун хIасилги кколаро. Гьелгун кIалъан, дандбан, цадахъ гьабизе ккола хIалтIи. Лъималазе бокьулеб, гьезул гъира бугеб жоялдалъун балагьизе ккола гьезухъе нух. Гьеб нухдасан нилъеца цадахъ сапар бухьина хадусеб номералда, ин шаа Ллагь.

 

Хадижат Хизриева

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


Мадрасалъул цIиял корпусал

Гъизилюрт районалда рагIалде бахъунеб буго Хучадаса МухӀаммад-афандил цIаралда бугеб мадрасалъе цӀиял корпусал раялъул хӀалтӀаби. Гьелъул хIакъалъулъ бицараб данделъи тIобитIана Дагъистаналъул муфти, шайих АхӀмад-афандица. Гьелда гIахьаллъана диниял хӀаракатчагӀи, лъай кьеялъул мурадалда комплекс...


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


ХIикматал махлукъатал

Гуренж   Гуренжал (пиявкаби) ккола цебегоялдаса нахъе медицинаялда хIалтIизарулел рухIчIаголъаби.   Гьез лъола 10-15 хоно, амма 1-5 гурони тIинчI бахъуларо. Цо гуренжалъ гIумруялда жаниб лъола 2-10 нухалда хоно. «Плоская пиявка» абураб тайпаялъ хоно биччан хадуб гьеб...


Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

(Байбихьи цебесеб номералда)   АсхIабзабазул ургъел ва кумек   Сапаралде вахъаралъув Авараг ﷺ вукIана цевехъанлъун гуревги, жинда божилъи гьабулев гьалмагълъунги. Гьев кидаго вукIунаан аскаралда яги къапилаялда нахъа-нахъа, хадур ккаразе, загIипазе, унтаразе кумек гьабизелъун. Гьелъие...


ГIемер ракIалде щвезабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ гьаб дуниял гьабула нилъер хIалбихьулеб матIахIлъун, нилъеца Гьесие мутIигIлъи ва ритIухълъи бихьизабулищали. ГIакълу жиндие кьурав инсанас пикру гьабизе ккеларищ щибизе жив гьаб дунялалде вачIаравали. Аллагьас ﷻ нилъее къанун бихьизабун буго щибаб...