Аслияб гьумералде

Аллагьасде ﷻ мугъчIвай гьабе

Аллагьасде ﷻ мугъчIвай гьабе

Аллагьасде ﷻ мугъчIвай гьабе

ДугIа буго муъминзабазул ярагъ, Аллагьасул ﷻ хIукмуцин жинца хисизабулеб, жиндалъун гьареян муъминзабазда БетIергьанас ﷻ амру гьабураб, кинаб хIалалде кканиги жиб гьоркьоб ккун мурад тIубай жиндилъ бугеб гIамал.

ДугIаялъул хIакъалъулъ Къуръан-хIадисазда гIемер рехсонги буго. Бицен гьабила цо-цо хIалазде ккедал ва пуланал мурадазе гIоло аварагас ﷺ гьарулел рукIарал дугIабазул.

Кинаб бугониги иш тIаде бачIиндал авараг ﷺ вукIана гьелъулъ кинабго иш Аллагьасде ﷻ тIамулевлъун. ХIавлу къуват гьечIолъиялдасаги живго вацIцIад гьавулев. Гьеб ишалъулъ битIараб нух ва гьелда нахъвилъин, гьединго къосеналдаса рикIкIалъи Аллагьасда ﷻ гьарулев. Жив вохизавулеб иш тIаде щвани гьев ﷺ вукIана Аллагьасе ﷻ шукру гьабун сужда гьабулевлъун. Кинаб бугониги ишалъ хIайран гьавидалги абулаан: «Аллагь, Аллагьу раббии, ла шарика лак», - абун.

Рокъоса къватIиве вахъунелъул абулаан: «Бисми Ллагь, ат-туклану гIала Ллагь, ла хIавла ва ла къуввата илла би Ллагь», «Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун байбихьула, тавакал гьабиги Аллагьасде ﷻ буго, хIавлу къуватги Аллагьасдалъун ﷻ гурони гьечIо», - ян абун.

Ургъел пашманлъи тIаде бачIараб мехалъ аварагас ﷺ гьабулаан гьаб дугIа: «ХIасбия ар-Рабби минал гIибад, хIасбиял Халикъу минал махлукъин, хIасбия ар-Разикъу минал марзукъина, хIасбия ллази гьува хIасби, хIасбия Ллагьу ва нигIмал вакил, хIасбия Ллагьу ла илагьа илла гьува, гIалайгьи таваккалту ва гьува раббул ГIаршил гIазим». МагIна: «Дие лагъзадеридаса БетIергьанас гIей гьабула, жидее ризкъи кьураздасаги Жинца гьеб кьолес гIей гьабула, гьединав гьес гIей гьабула Гьев дие гIей гьаби бугев, Аллагьас ﷻ дие гIей гьабула тавакал тIамулезулги Жив лъикIав, дие Аллагьас ﷻ гIей гьабула жиндие лагълъи гьабизе кколезулги цохIо жив гурони гьечIев, Гьесде гьабула тавакалги, Гьев вуго кIудияб ГIаршалъул БетIергьанги».

Цо ишалъ ургъаликье ккезавидал, гьес ﷺ бетIер борхулаан зодобе, ва абулаан: «СубхIана Ллагьил гIазим», «Киналниги жиндие рекъоларел сипатаздаса вацIцIадав вуго ТIадегIанав Аллагь ﷻ», - абун.

ДугIаялъулъ цIакъ бахъи гьабулеб мехалъги абулаан: «Я ХIаю я Къаюм», «Я ЧIагояв, я Абадияв», - абун. РекIелъе пашманлъи бачIинабураб жо тIаде щведалги абулаан: «Я ХIаю я Къаюм, бирахIматика астагъису», «Я ЧIагояв я Абадияв, Дур рахIматалдалъун дица кумек тIалаб гьабула», - ян. Пашманлъи тIаде бачIиндал гьабулеб букIараб цоги дугIаялдаса буго: «Ла илагьа илла Ллагьул ГIазимул ХIалим, ла илагьа илла Ллагьу раббул ГIаршил гIазим, ла илагьа илла ЛЛагьу раббу с-самавати с-сабгIи (анкьабго зобалъул БетIергьан) ва раббул арзи (ракь) ва раббул ГIаршил карим».

ЗахIматаб иш тIаде бачIун дугIа гьабулелъул аварагасул ﷺ рорхарал кверал бетIералдаса эхеде ун рукIунаан. Щиб бугониги гьарун дугIа гьабулелъул кверазул жанисеб рахъ букIунаан гьурмаде буссун, цIуни гьарулелъул тIасияб рахъ букIунаан. Рорхарал квералги гьурмада рахъичIого гIодоре риччалароан.

Цоги, аварагас ﷺ такрар гьарулел рукIарал дугIабаздасан буго: «Я мукъалибал къулуб, саббит къалби гIала диник», гьединго, Къуръаналдаса аятлъунги жиб кколеб: «Раббана атина фи дунья хIасанатан ва фил ахирати хIасанатан ва къина гIазаба ан-нар» - абурал. МагIна: «Я ракIал Сверизарулев, Дур диналда чIезабе дир ракI», «Я нижер БетIергьан! Дуца нижее дунялалдаги ахираталдаги лъикIлъи кье, жужахIалъул гIазабалдасаги цIуне».

Аварагасде ﷺ хитIаб гьабун Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго гьадинаб магIнаялъул аят: «Дуца сабру гьабе дур БетIергьанасул ﷻ хIукмуялъе, хIакълъунго мун вуго Дида цеве, Дида вихьулев, Дида лъала дуе лъугьунебщинаб, гьеб кинабго буго Дир хIукму, Дие бокьичIони щибго жо лъугьунаро», - ян абураб. Аят аварагасде ﷺ хитIаб гьабураб бугониги, гьаб букIине ккола нилъееги гIумрудул нухда кантIи, сабру ва тавакал лъиде гьабизе кколебали малъулеблъун. Аллагьас ﷻ нилъ гьареги щибаб хIалалъулъ сабру ва Жиндехун мугъчIвай бугел лагъзаллъун.

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-10-01 (РабигIул ахир 1448 с.) №19.


ЗанатIа цIияв имам

Гьал къоязда муфтияталъул мугIрузулаб округалда вугев вакил ГIали Разакъовги Шамил районалъул имамзабазул советалъул вакил Ризван ХIажиевги щвана ЗанатIа росулъе. Рузманалъул какда гьез гьабуна вагIза, бицана вацлъи цIунизе кколеблъиялъул ва гьелъул бугеб кIваралъул хIакъалъулъ. Ахиралда,...


Къулгьу...

«Ал-Ихлас» сура гIуцIун буго ункъо къокъаб аяталдаса, амма Аллагьасул Расулас ﷺ бицана гьелъул кIудияб мустахIикълъиялъул: «Къул гьува Ллагьу ахIад» Къуръаналъул лъабабилеб бутIаялда бащалъула», - ян. (Муслим)   Байбихьуда гIажаиблъизе рес буго, бищун къокъал...


Аргъваниса МухIаммад щвана Хасавюрталда бугеб СИЗОялде

Хасавюрталъул ва Хасавюрт районалъул имамзабазул советалъул председатель МухӀаммад ал-Аргъвани ва лъай кьеялъул управлениялъул хӀалтӀухъан Закарья Закарья щвана Хасавюрталда бугеб №3 СИЗОялде. Гьениб букӀараб дандчӀваялда МухӀаммадица бицана терроризмалъулгун экстремизмалъул бугеб хIинкъиялъул,...


Алжаналда вихьарав

Аварагасул ﷺ асхIабзаби ккола чIаго Авараг ﷺ вихьарал, гьесда ﷺ божарал ва исламалда хварал гIадамал. Гьез кумек гьабуна Аварагасе ﷺ ислам тIибитIизабизе, гьесул ﷺ каламги, гIамал-хасиятги, суннатги хадусел наслабазе цIунана. Хадур рачIарал бусурбабаз гьезул кIудияб адабги гьабуна. Гьел руго...


ЧIахIиязул хIурмат гьаби

Исламияб диналъ нилъ ахIула ригьалде рахарал гIадамал кIодо гьаризе, гьезул адаб гьабизе. Гьелъие далиллъунги чIола хирияв Аварагасул ﷺ рагIаби: «ГIиссиназда гурхIуларев, чIахIиязул хIурмат гьабуларев чи нилъедасан гьечIо», - ян. «Нилъедасан гьечIо» абурал рагIабаздасан...